МагъчIваялъе рес

СагIид ГIамировасе кьуна туснахъалъул 10 сон


МахIачхъалаялъул вукIарав нухмалъулев СагIид Амировасда тIад гьабулеб диван рагIалде бахъана. АрбагI къоялъ Ростов шагьаралъул рагъулаб диванханаялъ гьесие хIукму къотIана 10 соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавизе. Гьесул вацасул вас Джапаров Юсупие кьуна микьго сон. Прокурорас гьезие тIалаб гьабулеб букIана 13 ва 11 сон туснахъалъул. Нижер мухбир Юсупов Ашаханица цIех-рех гьабуна диваналъул хIукмуялда тIасан цо-цо дагъистаниязул пикраби кинал ругелали.

МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировасда тIад чанго моцIалъ халат бахъараб диваналъул процесс рагIалде бахъана. АрбагI къоялъ, Ростов шагьаралъул рагъулаб диванханаялъ гьесие хIукму къотIана, туснахъалъул 10 сон. Гьесул вацасул вас Джапаров Юсупие туснахъалъул микьго сон кьуна. ИчIабилеб июлалалъул радал рагъулаб диванханаялъ лъазабуна Амировасде гIунтIизарулел такъсиразе гьев гIайибияв вукIин диваналъ тасдикъ гьабунилан. Диваналъул хIукму жеги къотIун букIинчIо, гьелъул хIакъалъулъ баян къватIибе бачIана къалъул гIужалда.

Амировасда тIад диваналъул халгьаби байбихьана 24 апрелалда. 2013 соналъул тIоцебесеб июналда МахIачхъалаялда, жиндирго рокъоса гьев вачун ана Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабаз. 2011 соналда, гьеб идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан, Арсен ХIажибегов чIваялъул гIайиб гIунтIизабуна гьесде, цадахъ ккун вачун ана Каспийскалъул шагьаралъул нухмалъулев хисулевлъун вукIарав гьесул вацасул вас Юсуп Джапаровги.

Хадуб гьезде гIайиб гIунтIизабуна Дагъистаналъул Пенсионный фондалъул нухмалъулев, МуртазагIалиев Сагид чIвазе, Амировасул рокъоб «Стрела 1» абураб зенитно-ракетный комплекс бахчун батанилан.

Амировги Юсуп Джапаровги жидедего гIунтIизарулел гIайибазе мукIурлъичIо диваналъул процесс лъугIизегIан. Жидеде гIунтIизарулел киналго гIайибал гьел жидеда тIад лъурал бугьтанал кколин. Гьебго такрар гьабуна гьезул адвокатазги.

Кин бугониги арбагI къоялъ Ростовалъул диванханаялъ гьезул пикру гIадахъ босичIо ва Дагъистаналъул тахшагьаралъул вукIарав нухмалъулес гIагараб анцIго сон базе буго маххул хьуриялда нахъа.

Амировасе диваналъ гьабураб хIукмуялда тIасан дагъистаниязул пикраби кинал ругелали лъазелъун нижеца цIех-рех гьабуна гIадамазда гьоркьоб ва гьединго инсанасул ихтиярал цIунулезе ва юристазеги кьуна гьел суалал.

МахIачхъалаялда къотIнор дандчIварал гIадамаз гьадинаб жаваб кьуна «Эркенлъи» радиоялъе:

«Амировас шагьаралъул нухмалъулевлъун вукIаго кIудияб хIалтIи гьабуна. Амма гьесда нахъаса гIемераб хабар бицунеб буго, гьенибин абуни кIудияб магIна бугилан ккола дида. Жакъа анцIго чияс гьереси бицунеб бугони анцIила цоабилесул кIалдиса къватIибе битIараб инчIого букIине рес гьечIо.

Гьев къватIиве виччазе бегьуларо, гьев къватIиве виччани гьаб шагьаралдаги республикаялда иш квешаб бакIалде бачIине буго».

«Гьесие мустIахIикъаб тамихIалда гьоркьосан гьеб бищунго дагьаб тусанахъалъул болжал ругин рикIкIуна дица. ГIемерал кколарелщинал жал гьаруна гьес шагьаралъул нухмалъулевлъун вукIаго. Амма гьелдаго цадахъ дица рикIкIуна гьев цIакъ кIудияб бажари бугев чи вугилан, МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун вукIине гьесдаса мустIахIикъав чи цоги лъаларо дида. Щивас чIванкъотIун пикру гьабизе ккола нилъее къвакIарав нухмалъулевиш хIажат вугев, яги цIара-цIаралъуве унев тамахав мэрищ къваригIун вугевали.

Туснахъалъул 13 сон гьесие буго чIвазе къотIи гIадаб жо. Гьев вуго унтарав, сакъатал гIадамазул бакIиде вухьарав чи. Амма гьелдаго цадахъ цIакъ щулияб пикруялъул, кIудияб гIакълуялъул, гIумрудул кIудияб хIалбихьи бугев чиги вуго гьев. Гьединлъидал гьесие къотIараб хIукму мустIахIикъабги буго, мустIахIикъаб гуребги буго, чIванкъотIун абизе кIоларо».

ЖамгIияв хIаракатчи, инсанасул ихтиярал цIунулев Набиев ГIисалмухIамадица гьадинаб пикру загьир гьабуна Амировасе диваналъ къотIараб хIукмуялда тIасан.

ГIисалмухIамад Набиев: «Прокуратураялда лъикI лъаларишха гьесие чан сон кьезе кколебали. Дов вуго загIипав, унтарав чи. Диваналъ мустахIикъаб хIукму къотIун бугилан кколеб буго дида. 10 соналдаги 13 соналдаги гьоркьоб кIудияб батIалъи бихьулеб гьечIо дида, гьаниб аслияб суал буго гIайиб гIунтIизабизе кIваниш ва цIех-рехалъул хIалтIи къануналъул нухда рекъон аниш абураб, гIемерал суалазе жаваб кьун буго гьениб.

ЭР: «Дур хIисабалда гъосде гIунтизарулел гIайибазда рекъон, туснахъалъул дагьабги цIикIкIун сон кьезе кколеб букIарабиш гъосие?

Набиев ГIисалмухIамад: «Дивналъул хIукмуялда рекъон гьесие кьураб сон дагьиш гIемерищали дида абизе кIоларо, амма лъалеб жо буго гьесие бищун цIикIкIарал санал кьун гьечIеблъи, щайгурелъул прокурорас 13 сон тIалаб гьабулеб букIиндал. Амма бищун гIодобегIанабги гьеб гьечIин ккола дида».

Юрист Шагьрудинил МухIамад божулев гьечIо Амировасгун Юсуп Джапаровас зенитно-ракетный комплексалъул кумекалдалъун Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев чIвазехъин вукIанин абураб жоялда. Гьединаб бакIаб такъсир Амировас гьабизехъин букIанилан абураб хIужаялъе гIурал далилал ракIарун гьечIин цIех-рех чагIазилан рикIкIунеб буго юристас.

Шагьрудинил МухIамад: «КIиялго цIадирабазда лъунани, (Амировги МуртазагIалиевги) цIамул таргьаги-квасул таргьаги цо цIадирабазда лъураб гIадаб жо кколеб буго гьел кIиязулго бугеб бажариги яргъилаб къуватги хIисабалде босани. Пикру гьабеха гьеб ПЗРК ккола цIакъ бакIаб яргъил алат, гьеб кьвагьани бащадаб Гъизилюрт шагьар щущахъ биххизабизе кIолеб къуват буго гьелъул. Гьединаб вахIшилъи Амировасулъ букIинилан абураб жоялда божуларо дун».

Амировасул адвокатал рази гьечIо гьез цIунизе таде восарасе диваналъ къотIараб хIукмуялда, гьелда тIасан гIарза хъвазе буго гьез гIагараб заманалда. Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъул кIудияв, Владимир Маркиница абуни лъазе гьабуна Амировасда хурхун унел цIех рехалъул хIалтIаби жеги лъугIун гьечIин ва гIагараб заманалда гьесде гIунтIизарулел такъсиразул цIиял баянал кьезе ругин къватIире.

XS
SM
MD
LG