МагъчIваялъе рес

Крымалъул татарал Кремлалъ къабул гьаруна


Крымтатаразул жамгIияв хIаракатчи МустIапа Джамилев. 2009 сон.
Крымтатаразул жамгIияв хIаракатчи МустIапа Джамилев. 2009 сон.

Крымалда гIумру гьабулел татарал къабул гьарун руго Кремлалда. Гьединаб тадбир Кремлалъ базабуна гьаб гьатIан къоялъ Крымалъул статусалъул гьоркьоб букIине кколеб референдумалда.

Политологаз ва мухбирзабаз абулеб буго Россиялъул тIадтаразул кIудияб хьул гьечIин рехсараб референдумалъул хIасилалда.

Хасго гьеб сабаблъун крымтатаразул вакилзаби ахIун рукIанин Кремлалде. Амма гьелъги пайда кьезе гьечIин Россиялъул тIадтаразе, ян абулеб буго ахIвал-хIалалъухъ хал-щал гьабулел мухбирзабаз.

Щай гурелъул крымтатаразе бокьун гьечIин Крым Россиялде гъорлъе жубай кигIан кIудиял бигьалъаби ва гIатIидал ихтиярал Россиялъул тIадтараз гъозие кьолеб бугониги.

Дагьалъ цебе крымтатаразул жамгIияв хIаракатчи, советияб заманалда диссидентлъун вукIарав МустIапа Джамилев Россиялъул тIадтараз Москваялде ахIун вукIана Украиналъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаязде.

Гьединго гьев дандчIвазе кколаан Татарстаналъул экс-президент Минтимер Шаймиевгун.

Араб кIиго анкьида жаниб Москваялъ кIиго нухалъ Крымалде витIун вукIана Татарстаналъул гьанжесев президент РустIам Миннихановги. Дова гьев данделъана крымтатаразул мажлисалъул бетIер Рефат Чубаровгун ва Крымалъул бетIерав муфтигун.

Миннихановас кIвар буссинабуна татаразулгун гурусазул некIсиял бухьенал рукIиналде ва абуна гьел гьоркьоса къотизе кколарин. Амма гьеб данделъиялдаса нахъе Рефат Чубаровас Крымалъул киналго гIадамаздехун вуссан ахIи бана референдумалъе бойкот лъазабиялда.

Москваялде жиндирго сапар бухьизегIан нижер радиоялъул татар-башкир хъулухъалъе интервью кьолаго Джамилевас абуна жинцаги жиндир къукъаялъул гIахьалчагIазги Украиналъул территориалияб цолъи цIунизе бугин.

МустIапа Джамилев: «Нижер аслияб тIалаб - Украиналдаса Россиялъул аскариял нахъе рачин. ГIицIго гьелдаса нахъе нижеда кIола гара-чIвари гьабизе киналго суалал гьоркьор лъун.

Дида ккола - гьеб декларацияги гуро хIукмуги гуро, щай гурелъул гьанжесеб ТIадегIанаб Рада легитимияб гуреблъун кколелъул. Гьелъул хьвада-чIвади сепаратистазул структураялъул хьвада-чIвадиялда релъун буго».

Крымалда ругел Москваялъул рахъ кколел тIадтаразги гIамал гьабулеб буго бакIалъулал татарал жидерго рахъалде цIазе.

11 марталда Крымалъул парламенталъ лъазабуна крымтатаразул ихтиярал цIунизе бугин ва гьел Крымалъул жамагIаталде интеграция гьабизе бугин абун. Къабул гьабураб резолюциялда рехсон руго тIоритIизесел реформаби.

Гьезда гъорлъ – крым татаразул мацI официалияб мацIлъун лъазабиялда хуръараб реформаги.

Гьеб гуребги министрабазул кабинеталдда хъулухъазул къогогIан процент кьезе бугин крымтатаразул вакилзабазе ян абураб рагIиги кьун бугоан ва Крымалъул татаразул миллияб мажлис – официалияб гIуцIилъун лъазабизе бугин.

Къанунал къабул гьарулезул рагIабазда рекъон крымтатараз референдумалда гIахьаллъи гьабуни ва гьелъул хIасилалда Крым Украиналдаса батIалъани – гъозие гIарцул кумек кьезехъин бугин.

Нижер радиоялъе гьелда бан баян гьабулаго МустIапа Джамилевас абуна – гьеб бугин ришватал кьеялда релъараб ишилан.
XS
SM
MD
LG