МагъчIваялъе рес

Украиналъулгун Россиялъул конфликт россиялъул диванаханабазда


Украиналдаса пилот Надя Савченко
Украиналдаса пилот Надя Савченко

Россиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго украиналдаса йоржарухъаналда. Москваялъ кьун буго Украиналъул жанисел ишазул министр ва цо икълималъул губернатор кквезе ордер. Гьел хIужаби кколел руго кIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби хвеялъул иргадулаб даража.

Байбихьудасанго Украиналда ва Россиялда гьоркьоб конфликт багъарулеб букIана гибридалъул рагъул сценариялда рекъон. Рагъал кколел рукIана цого заманаялда батIи-батIиял фронтазда-Украиналъул шагьаразда ва дунялалъул медиаэфиралда, социалиял сайтазда ва банказул системаялда.

Гьанже абуни гьеб кьал гочун буго россиялъул диванханабазде. Гьенир щакал далилазде ва ихтияразде балагьичIого украиналъул гражданазда тIад рагьулел руго гьез такъсирал гьариялъул ишал.

9 июлалда Москваялъул диванханаялъ гьабуна Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваков жанив тIамизе хIукму. Гьесда тIад рагьун буго гIадамал чIвай гIуцIиялда, журналистазе санагIалъи бахъиялда ва конфликталда хурхун цоги такъсирал гьариялда бан такъсир гьабиялъул иш. МоцI цебе гьездаго релъарал гIайибалги гIунтIизарун гьебго диванханаялъ гьабун букIана Днепропетровскаялъул губернатор Игорь Коломойский кквезе хIукму.

Россиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулев, Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъул гIахьалчи Валерий Борщевас рикIкIунеб буго гьединал «гIундул цIан» гIунтIизарулел гIайибал ругин дагьабги гIатIидаб информационияб рагъул кампаниялъул бутIалъунин.

Украиналдаса йоржарухъан Надя Савченкода хурхунги рагьун буго Россиялда такъсир гьабиялъул иш.

Июнь моцIалда 33 сон барай Савченко Луганск икълималда асирлъуде йосун йиго. Гьелдаса нахъе Россиялъул Воронеж шагьаралъул цIех-рехалъул изоляторалде гьей кин ккараяли лъалеб гьечIо. Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ абулеб буго гьелъ Россиялъул гIурхъи лъутарай хIисабалда кодор документалги гьечIого жинцаго баханин. Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ ва Савченкол хъизамалъ лъазабулеб буго гьей йикъизеги йикъун Россиялде щвезаюн йигин.

Валерий Борщев: «Савченкода хурхун абуни, гьеб пропаганда гуро, гьеб буго хIакъикъат. Гьебги жиндаса хIинкъи бугеб хIакъикъат. Узухъда, гьей асир гьайизе ва цоги пачалихъалде ячине гьечIо киналгIаги гIиллаби. Гьеб буго инсан викъи ва гьеб ишалъе бегьула гьединаб юридикияб къимат кьезе. Гьанже гьелъул гIемер бицунеб буго, иш гьединги буго. Чияр улкаялдасаги викъун чи цоги улкаялъул туснахъалъув жанив ккун вуго. Дица рикIкIуна гьеб тIубанго гъорхъолъа ин бугин».

Савченкода гIунтIизабулеб буго Луганск икълималда июналда Россиялдаса кIиго журналист чIваялъулъ гIахьаллъи букIин абураб гIайиб.

Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул вакил Владимир Маркиница лъазабун букIана, гьес абухъе, Украиналда гьарулел такъсиразухъ жаваб кьезе ккезе бугин.

Владимир Маркин: «Савченкода гIунтIизабулеб буго кIиго яги цIикIкIун чи чIваялъулъ гIахьаллъи букIиналъул гIайиб, гьебги политикияб рокьукълъиялъул кьучIалда. Нижеца гIемер абуна Украиналъул территориялда гьарулел рагъулал такъсиразухъ киназго жаваб кьезе ккезе бугин».

Савченкол адвокатас абухъе, гьаб сагIат гьей кIиго моцIалъ жаний тIамун йиго ва ахIвал-хIал хисиялда рекъон, гьелдехун гьабизесеб тамихIги хисизе буго.

Савченкол хъизамалъ хIаракат бахъулеб буго дипломатиял ресал хIалтIизарун гьей эркен гьайизе.

Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ

http://mfa.gov.ua/en/press-center/comments/1846-zajava-mzs-ukrajini-shhodo-nezakonnogo-vivezennya-do-rosiji-zahoplenoji-teroristami-nadiji-savchenko]

ва президент Петр Порошенкоца

http://www.president.gov.ua/en/news/30712.html]

кьварун какулеб букIана Савченкода хурхун гьабулеб бугеб ва тIалаб гьабулеб букIана гьей Россиялъул территориялде кин ккараяли бичIчIи кьезе ва хех гьабун гьей эркен гьайизе.

«Гьев адвокат вуго эбелаб-Россиялъ тIамурав чи,-гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъул Украиналъул хъулухъалъе Надя Савченкол гьитIинай яц Вераца.-Гьеб буго абусурд. Гьез россиялъул адвокат кьун вуго житдеца йикъарай украиналъул офицералъе. Гьеб гьес гьабизе бегубе? Дир хьул буго украиналдаса консулгун ва дипломаталгун цадахъ Воронежалде ине дие рес щвеялда».

Савченко гурониги Украиналдаса кинорежиссер ва сценарист Олег Сенцовги вуго Москваялда жанив тIамун диван гьабизегIан. Гьев ккун вукIана маялда Крымалда ва гьесда гIунтIизабулеб буго теракт хIадуриялъул гIайиб. Сенцовас жинда гIунтIизарулел гIайибал нахъчIвалел руго.

XS
SM
MD
LG