МагъчIваялъе рес

Иргадулав имам чIван вуго Дагъистаналда


Хважалмахьи росдал цо авал
Хважалмахьи росдал цо авал

Дагъистаналда чIван вуго иргадулав динияв х1аракатчи. Гьев ккола Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росдал мажгиталъул имам.

11 ноябралда, боголил гIужалда Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росулъ мажгиталъул имам чIвай батизе бегьула гьесул динияб хIалтIуда хурхараб. БукIине рес буго цогидаб гIиллаги. ГьабсагIаталда гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех гьабулеб буго ва такъсирчагIи щал кколелали чIезабулеб буго. Гьадин бицана Россиялъул ЦIех-рех гьабулеб идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялда Хважалмахьи росдал мажгиталъул имам ГIалиев ХIажи чIваялда бан баян кьолаго.
Нижехъе щварал баяназда рекъон, мажгиталъул имам чIван вуго жиндирго рукъалда цебе. Абулеб буго гьесде кьвагьдаразул кIиго-лъабгояв вукIанин. Имам хун вуго азарханаялде вачунаго нухда.

«Гьеб лъугьа-бахъиналда бан уголовияб дело рагьун буго ва тIадал идарабазул хIалтIухъабаз такъсирчагIи ралагьулел руго. ТIокIаб батIияб баян нижехъги гьечIо», - ян бицана Лаваша мухъалъул администрациялда.
Хважалмахьиса чияс бицухъе, хвелалде цебе имамас жив азарханаялде рачунел рукIаразда цо щибалиго бицун рагIула. Амма щиб гьес абурабали лъидаго мухIканго лъалебги гьечIила.

Дагъистаналъул Динияб идараялда бицухъе, Хважалмахьи росдал мажгиталъул имам вукIун вуго диналда рикьалаби гьабулезда хIакъаб рагIи абулев, рохьоре унезде данде вахъарав ва экстремизмалде данде чIарав чи.
«Гьединлъидал, гьесул динияб хIаракатчилъи рекIее гIоларелги рукIун ратилаха», - ян бицана Дагъистаналъул Динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица.

Диниял церехъаби ва диниял хIаракатчагIи чIвай гIадатияб ишлъун лъугьун буго Дагъистаналда. КIиго анкь ун букIана Дербенталда шагьаралъул цо авал мажгиталъул имам Ибрагьимов Каримулагь чIваралдаса. 13 октябралда чIван вукIана росдал имам. Бищунго ахIи-хIур бахъараб чIвай-хъвейин абуни ккун букIана августалъул ахиралда ЧIикIаб росулъ. Гьениб пуланай гIаданалъ жийго жинцаго кьвагьизайиялъул хIасилалда гIумруялдаса ватIа гьавун вукIана накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар СагIид-афанди.
XS
SM
MD
LG