МагъчIваялъе рес

«ЧIобогояб гьабихъе гьойдулаб хъети»


ТахIнаева ПатIимат
ТахIнаева ПатIимат

Гьал къоязда Дагъистаналъул ЧIохъ росдал кIиго вакил дандчIвана Чачан республикаялъул парламенталъул нухмалъулев ГIабдурахIманов Дукувахагун. Жал Россиялъул БахIарчи АхIмад Къадировасул цIар росдал цо къватIалда кьезе изну гьарун рачIун рукIанин бицун буго гьез. Жинца гьеб республикаялъул бетIерасде щвезабилин жаваб кьун буго чачаназул парламенталъул спикерасги.

Цоцазе тарихиял тIахьалги сайгъат гьарун къо-мех лъикI гьабун буго гьез. Чачаназе сайгъат гьабураб чIахъадерил тарихалъул тIехьалъул автор ккола ТахIнаева ПатIимат. Жиндир кIиявго росуцоясда ракIалде ккараб пикруялда дандечIей бищунго гьелъ загьир гьабулеб буго.

ЭР-ялгун букIараб гара-чIвариялда ТахIнаевалъ абуна гьеб кколин медицинаялъул гIелмабазул доктор ГIалиев ГIабдулхIамидилги росдал администрациялъул бетIер Салимов Салимил пикру. Росдал шураялъул нухмалъулесдаги гьелъулъ щибниги бегьунгутIи бихьулеб гьечIила. ТахIнаева ПатIиматица абулеб буго ЧIохъ росулъ хутIарав чиго гьечIила гьабсагIаталда. 98 процент чIахъадерил росу тун къватIир ругила гIумру гьарун. ПатIиматида гьеб ишалъулъ дагьа-макъабго политика буго бихьулеб. ТIасияб болжалалдаги ЧIохъ росдал администрациялъул нухмалъиялде кандидатура лъелалде Чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзанил кумек къваригIун бугила гьесие. Росдал рищиял исана 14 октябралда рукIине ккола.

ТахIнаева ПатIимат: «АхIмад Къадиров ккола Чачаназул тарихалдаса чи. Дагъистаналъул, гьединго гьелда гъорлъе унеб ЧIохъ росдалги гIезегIан руго къватIазда цIарал лъезе мустахIикъал чагIи. 800 сон буго ЧIохъ росу бижаралдаса. Гьебщинаб заманалда гIезегIан рахъана гьенир бахIарзал».

АхIмад Къадировасул цIар кьураб къотIносан унаго цо пуланав чIохъиясул ракI рахIатхун кIетIезе лъугьине букIиналда божулей гьечIо тарихчIужу. Гьединлъидал цо-кIиго чияс жидерго хасал мурадазе гIоло Рамзан Къадировасда цебе чIвалеб накулъун бихьулеб буго гьелда жиндир росуцоязда ракIалде ккараб хIукму.

ТахIнаева ПатIимат: «Щайгурелъул жакъа лъиениги балъголъи бугеб жо гуро Рамзан Къадировас Кавказалда политикаялъулъ гIезегIан кIудияб бакI кколеб букIин. Чанго гIасруялъ эхетун бугеб росулъ къватIазда жеги ракIалде ккун букIинчIо лъилниги цIарал кьезе».

ТарихчIужу ТахIнаева ПатIиматица абулеб буго ургъун рахъун цIиял цIарал кьолеб бакIалда къваригIун бугила гъоркь рукIарал тIадруссинаризе, гьанже бугила умумузул букIараб хазина, нилъеца гьанжелъагIан билизе тарабщинаб тIадбуссинабулеб гIадат.
ЧIохъ росдал цо къватIалда АхIмад Къадировасул цIар лъеялъул магIна мадугьалихъ гIIумру гьабулел халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъизаби рагIула. Гьедин батани, гIицIго ЧIохъ росдаца гуребги Дагъистаналда ругел цогидал росабазги рачIайинха гьеб гьудуллъи щулалъизабизейин абулеб буго тарихчIужуялъ.

ТахIнаева ПатIимат: «Нилъее камуна ЧIохъ росу гуребги, нилъерго тарихалъул гьабулеб къиматги, камуна политикиял макраби гьарулев цо-кIиго чияс расанкIо гIадин гьеб басандизабизе рес кьун батани…».

ТахIнаевалъ ракIалде щвезабулеб буго чанго цебе Мамедхъала росдада цIар Нариманхъала абун лъезехъин бугилан рагIидал жиндир букIараб разилъи гьечIолъи. Гьенив цIолбол магIишаталъул нухмалъулевлъун вукIун социалистияб захIматалъул БахIарчиян цIарги щварав чи вуго гьев. Лъадигун цадахъ чIвана гьев гьезул рокъоре кIанцIарал чагIаз. Доб мехалда республикаялъул парламенталъ разилъи кьун букIана гьелъие, гьений парламенталда гьев Нариман ГIалиевасул ясги йиго хIалтIулей. Амма, Аллагьасул талихIалъ, доб мехалда Владимир Путиница лъазабунин Россиялда гIумру гьабулел гIадамазул къадаралъул хъвай-хъвагIай гьабизегIан сунданиги цIарал хисугеян ракIалде щвезабулеб буго тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ.

Рузман-къоялъ къватIибе бачIараб «Миллат» газеталдаги буго редактор БисавгIалиев МухIамадица чIахъадерилги чачаназулги хIакъалъулъ хъван: «Тарихалда рекъон, ЧIохъ росу гIурусазде «гьетIараб» букIараблъи киназдаго лъала, гьанже чачаназде «гьетIиялъе» баян батичIо. ЦохIо тарихчIужу ТахIнаева ПатIимат кIалъан ячIана редакциялде гьеб росдал пикру гурин, Салимилгун ГIабдулхIамидил бугилан. ЧIахъадерил интеллигенциялъул рахъалдаса гьелда хурхун пикру загьир гьабурав чи халлъичIо. Кавказалъул тарихалда авараз гIадин машгьурал цIарал кьураб миллат къанагIат батила. Сунцаха тIамурав гьав кIиго чи Чачаналде сапар бухьине? РекIелъ рухIияб эркенлъиялъулги магIаруллъиялъулги цIа свараб мехалда загьирлъула гьадинал гIаламатал. Гьезда рагIун батила Рамзанихъе сапар бухьарал чагIи чIорого тIадруссунарин, амма сапар битIун гьечIо гъаримазул. МагIарулаз абухъе, «чIобогояб гьабихъе гьойдулаб хъети» ккун буго чIахъадерил вакилзабазул».

ЧIохъ росулъа рахъана дунялалда машгьурал гIадамал, масала, квералъ суратал рахъулев вукIарав Мусаясул Халил-Бег, Турциялъул маршал МухIаммад-Фазил-паша гугариялъул рахъалъ дунялалъул щуцIул чемпион ГIали ГIалиев, гьединго цогидал. Гьезул цIарал лъурал къватIал гьечIо ЧIохъ росулъ.

Гьедин машгьурал ракьцоялги нахъе цун, Чачаналъул тарихалдаса «восун» Къадиров АхIмадил цIар кьеялъе гIилла гьикъизе къваригIун телефоналдасан гьабулеб бухьеналъе жаваб кьечIо ГIалиев ГIабдулхIамидицаги Салимов Салимицаги.
XS
SM
MD
LG