МагъчIваялъе рес

Жаназабигун гьабулеб къеркьей


Боевикалин, хъачагъалин рикIкIунел чагIи гIаммал хабалалъ рукъизе гьукъулеб буго чачаназул рухIиял церехъабаз.

Гьезул республикаялъул нухмалъиялъги абулеб буго рухIиял церехъабазул пикруялда тIадкIалъай гьабизе рес гьечIин жидер.
Къойилго гIадин хасал операциял гьарулел, гьенир гIадамал холел рукIаниги, Дагъистаналда рухIиял церехъабаз гьабураб гьединаб хIукму гьечIо.
Бицунеб буго ЦIумада мухъалъул Лъондода росулъа динияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадица.

МахIмудов ХIажимухIамад: «БакI гьечIони, бусурбабазда аскIор насраниялгицин рукъизе бегьула. Щайин абуни, бусурбанчиясда тIадаб букIуна насранияв вукъи, гьев тIувазе ин. Гьединлъидал гIаммаб хабзалалъ рукъизе гьукъи абураб суал ахIмакъаб суал буго».

МахIачхъалалда Сепараторазул рахъ абулеб бакIалда руго насраниязул, ягьудиязул, бусурбабазул хабзалал. Гьенибго буго цойги хабзалги. Заназул бакIалда хобазда тIад чIван руго тIилалги гьезда тIад - маххул кескалги. Гьеб маххуда лажбаралъ хъван руго тарихал. Цо-цо баяназда рекъон, гьел ккола хасал операциязда чIварал, амма террористаллъунги рикIкIун пачалихъалъул чагIаз рукъарал дагъистаниязул хобал. Хабалъ лъурав чиясе гьелдасан щибго къварилъи букIунарин, жалго гьедин гьел рукъарал чагIаз жидерго вахIшилъи бихьизаби гурониян абулеб буго ЭР-ялъе МахIмудов ХIажимухIамадица.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Тарихалги тIад хъван жаназаби рукъи ккола дол чагIазул вахIшилъи. Хварав чиясдаса хIинкъулел руго гьел. Кин лъуниги ракьулъ лъун вуго гьев чи… Имам Шамилил заманалда букIана гьединаб жо – гIадамал зияраталъ хьвадилин шагьидзабазухъеян. Гьанже заманалъги буго дозул гьединабго хIинкъиги вахIшилъиги».

Гъоркьисала 1 июналда Россиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулелги рачIун Дагъистаналдаса низам цIунулелги гIахьаллъун МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда хIукму гьабун букIана хъачагъалин, террористалин рикIкIарал чагIазул жаназаби щибго квекIен гьабичIого къватIире кьезе. Амма гьеб суал бицада хутIана. ГIемер рагIизе бегьула хасал операциязда чIварал гIолохъабазул жаназаби низам цIунулез ричун гурони кьоларин абулеб. Гьезул багьаги цо миллионалдаса I0 млн гъурщиде бахунин бицуна дагъистанияз.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Нилъерго, Дагъистаналъул, вахIшияб къавмалъ балъго гIарац гьабулеб буго гьел жаназабиги ричун. Гьел къватIире кьоларо лъабго-ункъо-анлъго-анкьго къоги балеб буго. Гьелъ чара хвезабурал гIадамал лъугьунел руго жаназаби къватIире кьолел чагIазул кодоб гIарац къазабизе. Хварал чагIазе батIаго гьелъул щибгIаги зарал гьечIо, вукъичIониги, кигIан мехалъ жаназа букъизе кьечIого таниги… Гьеб ккун чIезабулел чагIазе буго гьелъул зулму. Жидерго вахIшилъи загьир гьаби гурони, хварасе щибниги букIунаро гьелдаса. Аварагзабазул заманалда асхIабзаби рукъулаан жал хвараб бакIалда… Жаназаби рукъизе кьунгутIиялдалъун дол чагIаз жидерго вахIшилъиги, адаб ва гIаданлъи гьечIолъи буго бихьизабулеб».

Гьанже гIадамаз гьеб суалалда сверухъ гIемер хабар гьабидал, низам цIунулез цойги нух тIаса бищун бугин бицунеб буго Public Post сайталъе Гульнара Рустамовалъ. Гьей ккола инсанасул ихтиярал цIунулей. Хасаб операциялда чIвана гьелъул яц Динара. МоцIалъ хадурги лъугьун, дунялалда ратанщинал документалги ракIарун гурони кьун гьечIо гьелъул жаназаги.

Дагъистаналда лъугьараб гьединаб ахIвал-хIалалда тIасан жиндирго пикру загьир гьабизе Москваялда тIобитIулеб дагъистаниязул съездалде ун вукIана Казбек мухъалдаса Гъайирбиев Гъайирби.

Гъайирбиев Гъайирби: «Жакъа къоялда нилъер Дагъистаналда чIвалел ругелщинал вацал, васал, гьудулзаби – гьанже гьелъул бицун пайда гьечIо, гъурулел руго… Гьеб чIезабизе ккола. Бихьинал тIагIинарулел руго. Гьаблъиялда гьаб ани, БагIараб ТIехьалде росизе гурони бихьинал хутIиларо гурищ?! Щибаб къойил руго чIвалел. Гьел ралагьизе кколел чагIацагилъидал гъол чIвалел ругел. Гьез рахчулел рукIинчIелани, такъсирчагIи ратулел рукIиндал».

Public Post-алда бахъараб макъалаялда ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда вугев вакил Темирбеков Расулица абулеб буго Россиялъул къануназда рекъон, жидер ихтияр гьечIин террористазул жаназаби рукъизе кьезе, гьединго гIагарлъиялъ гьел ричун росиялъул цониги хIужаги гьечIин тIатинабураб. Амма хасал операциязда жидер гIагарал чIварал гIадамаз дагIба бала Темирбековасул гIадал рагIабазда. Гьез абула террористаздехун щибниги бухьен букIин жидер васазул.

Гьебго макъалаялда «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул нухмалъулей ГIисаева Светланаца бицунеб буго гьанжегIагар Хасавюрт мухъалда тIобитIараб хасаб операциялда чIварал гIадамал аскарияз гохI гьабун цого хобалъуре рехулел рахъараб видеоролик бугин интернеталда. Гьединлъидал аскарияз террористалин абулел чагIазда ракIгурхIизе бачIунин гIемерисезул.
XS
SM
MD
LG