МагъчIваялъе рес

Казакал, кавказалъулал ва Жириновский


Москваялъул къватlазда казакал, 14Ноя2012
Москваялъул къватlазда казакал, 14Ноя2012

Талат къоялда россиялъул информалатаз лъазабулеб букIана Москваялъул къватIазда хъаравуллъи гьабизе рахъарал казаказул къукъабазул. Абулеб букIана гьез хасго кIвар кьун Кавказалдаса рачIунел гьалбазул хал гьабизе бугин. Амма хадуб цоги информалатаз лъазабуна гьеб гьересияб хабар бугин ва жидеда гьеб тIибитIизабурал ва гьелда нахъа ругел чагIи ратизе кIвечIин.

Нахъойги кавказалъулал гъорлъ гIахьаллъараб лъугьа-бахъиналъ ахIи-хIур бахъинабуна Россиялъул информалатазда ва блогосфераялда. Гьаб иргаялда лъугьа-бахъин ккана Москваялъул трамваялда жаниб. Билет гьечIел пассажираз инкар гьабун буго гIакIа кьезе ва хадуб ккараб рагъул хIасилалда нусазул гIуж лъун буго чанго пассажирасда. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун Россиялъул Либералияб партиялъул лидер Владимир Жириновскияс информалатазе бицана гьанжеялдаса нахъе цониги гIумру гьабизе хIинкъи гьечIеб бакI хутIичIин Россиялда.

Гьединлъидал, щивав кавказалдаса вачIунев гьоболасухъ нус, ялъуни таманча бугищали хал гьабизе кколаян бицана гьес «Российская газеталъе». Хадубги чанго нухалъ жиндирго кIалъаялда рехсолеб буго кавказалъулаздаса Москва цIунизе ккола абураб пикру.
Мисалалъе, гьадинал рагIабаздалъун: «ГIурусазул гIолилал ярагъгун хьвадуларо, гьезухъин абуни яги нус, яги таманча чара гьечIого цадахъ букIуна», «Гьезие ярагъгун хьвадизе бокьун батани жидерго ватIаналда рукIа абе, Москваялда гьебгун хьвадизе кколаро». Ялъуни гьадинал рагIаби: «Гьел малъизеги лъугьун рукIана, амма такъсирчагIи малъизе кIолеб гьечIо.
Кавказалдаса рачIаралщиназул хал гьабизе ккола ярагъ бугищали. Гьел рагъдайищ ругел гьедин хьвадизе ккани. КъваригIун руго гьезул хал гьабулел чагIи».

Жириновскияс гьеб пикру загьир гьабун бахъиналде информалатазда баккана цоги информация. Лъазабулеб бугоан Москваялда полициялда цадахъ шагьаралъу къватIазда гIадлу гьабизе бугин казаказул къокъабаз. «Известия» газеталъул лъазабиялда рекъон, Москваялъул Тверская къотIноб ва Белорусский вокзалалда аскIоб казаказ хал гьабизе бугин къануналъ гьукъараб бича-хиси гьабулел чагIазда хадуб. ГIага-шагарго 50 казак вукIине вугин гьеб ишалда гъорлъе вачун абун лъазабулеб буго газеталъ. Гьелъ рахIат хвезабуна Москваялда ругел кавказалъулазул вакиллъабазул. Гьез рехсолеб буго казаказулгун рукIарал тунка-гIусиязда ккарал чIвай-хъвеязул. Гьелъ тIадеги иш хIалуцинабизе бугилан рикIкIунеб буго гьез.

Москваялда бугеб Кавказалъул халкъалъул конгрессалда хIалтIулев Асланица бицана гьел казакал рукIине ругилан гьабураб лъазаби кколин довго Жириновскиясда рухьарал политикиял къуватаз гьабураб жо ва жив божуларин Москваялда казакал рукIиналда, щайгурелъул бачIинахъего кавказалъулазулгун тунка-гIуси кколин гьезул. Гьесухъего, «Эхо Москвы» радиоялъ лъазабуна рехсараб лъазаби хIакъикъияб гьечIин ва киналгIаги казаказул къокъаби Москваялъул къватIазда рукIине гьечIин. Гьединго лъазабуна НТВ телеканалалъ, Москва шагьаралъул нухмалъулезда щибниги лъалеб жо гьечIин казаказул полициялъул хIакъалъулъ.

Либералияб партиялъул лидер Владимир Жириновскиясул гьел лъазабияз миллиял гьоркьорлъаби тIадеги хIалуцинарулел руго ва гьев тамихIалде цIазе кIолеб гьечIилан диваналдеян бицана ЭР-ялъе Кавказалъул халкъазул конгрессалда Дагъистаналдаса вакил Халидов Деньгаца. Цебеккун информалатаз лъазабухъе, гьеб конгрессалъ гьев диваналде цIай тIалаб гьабулеб букIана.

Халидов Деньга: «Жириновский хIукуматалъ цIунарав чи вуго. Кибе кьуниги гьесда тIасан гIарза, гьелъул жо кколеб гьечIо. Диваналъ, ихтиярал цIунулеб ва цIех-рехалъулаб системаялъ цIунун вуго гьев, гьелъ руго гьединал лъазабиял гьарулелги гьес. КIиго-лъабго соналъ цебеги прокуратураялде кьун букIана гIарза, гьанже лъаларо гьелъул къисмат кинаб ккарабали.

Кавказалъулал хIакъир гьариялъул хIужаби ккарабго нижеца бажарараб кумек гьабула гIадамазе, йиго хас гьабун гьединал ишазул хал гьабулей юрист, нижехъе рачIуна кумек къваригIарал чагIи. ТIалъиялъ ургъунго кавказалъулаздехун рокьукълъи бижизабулеб бугиланги дида абизе кIоларо. Путиние ва гьесул сверухълъиялъе къваригIун буго миллатазда гьоркьоб рекъел. Гьеб ахIи-хIур гьесда данде хIалтIи гьабулел чагIазул иш буго, гьезие къваригIун буго миллатазда гьоркьоб питна».

Гьев вукIана Кавказалъул халкъазул конгрессалда Дагъистаналдаса вакил Халидов Деньга.
Шагьаралъул къватIазда полициялда цадахъ казаказул къокъаби хIалтIизариялъул суал борхун букIана цебеккун Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевас. Информациялъул алатаз гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъги ахIи-хIур бахъинабун букIана. Цо-цо политологаз, экспетраз гьеб рикIкIунеб букIана миллатазул гьоркьорлъаби тIадеги хIалуцинарилъун.

Политолог Руслан Къурбановас «Настоящее время» газеталда хъвалеб буго гьадин: «Полициялда цадахъ казакал рачIарабго рехун Москва ялъуни цоги Россиялъул шагьарги тун кавказалъулал ине гьечIо, гьез кумекалъе чагIиги ахIун тIадеги иш хIалуцинабизе буго. Гьеб жо бичIчIуларевлъун вихьуларо дида я Ткачев, ялъуни Жириновский. Политикиял масъалабазе гIоло гьарулел лъазабиял ругин тела» - абун.

«Кавказская политика» сайталда кьолеб буго гьеб суалалда хурхун Чачаналъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул пикру. Гьес рикIкIунеб буго гьеб хIужаялъ гьадингоги гIодобегIанаб ихтиярал цIунулел идарабазул къадру тIадеги гIодобегIан гьабизе бугин. Гьединго бицана Рамзан Къадировас, миллиял суалаздехун гьединаб тIаса-масагояб бербалагьи данде кколарин федеративияб пачалихъалъе.
XS
SM
MD
LG