МагъчIваялъе рес

ХIамзатовал чIваялъул ишалъул хал гьабизе буго нуцIбиги къан


Гъизляралдаса ункъго вац ХIамзатовал ва гьезул яцалъул вас чIваялъул ишалда тIасан иргадулаб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялда. Гьеб данделъиялда ккараб гъалмагъир сабаблъун диванчияс хIукму къотIана диваналъул процесс къараблъун гьабизе. Диваналде гьанже ричазе гьечIо чIваразул ва гIайиб гIунтIизабулезул гIагарал чагIи, журналистал ва цогидал г1адамал.

Гъизляралда щуго чи чIваялда тIаса Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялда унеб иргадулаб данделъи гъалмагъиралдалъун байбихьана: чIваразул гIагарлъиялъе рекIее гIечIо диваналде гIайиб гIунтIизабулезул гIагарал чагIи рачIин. Гьел нахъе къотIеян ахIи-хIур бахъинабуна руччабаз. Амма диванчияс гьел гIодоре ричаразаруна.

РакIалде щвезабила, вацал МухIамад, ГIусман, Юсуп, Гъаздибир ХIамзатовал ва гьезул яцалъул вас МухIамад ГIумаров чIвана гъоркьисала 18 марталда Гъизляралда ккараб кьабгIей-рагъалда. Хваразул гIагарлъиялъ рикIунеб буго Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасул хъаравулзабаз чIванилан ХIамзатовал. Хъаравулзабигун ХIамзатовазул рагъ ккун буго автомобилал чIезарулел бакI сабаблъун.

Диванханаялда тамихI къотIизе буго Заирхан МухIамадгIалиевасе, Залимхан МухIамадгIалиевасе, МухIамадхIабиб МухIамадовасе, Шамил МухIамадовасе, Садикъ МухIамадовасе ва Юсуп Шариповасе – гьел рехсаралщинал ккола Виноградовасул хъаравулзабилъун.

22 ноябралда араб данделъиялъул баийбухьуда диванчи Закир Исрафиловас гьикъана приставазда рачIаралищали диваналде нугIзал. Приставазул нухмалъулес жаваб кьуна лъабго нугI вачIинчIин, ва гьел ругел бакI лъазабизе кIолеб гьечIин гьезда диваналде рачIаян абизеян. ХIамзатовазул адвокат Сапият МухIамадовалъ абуна диванханаялъул процессалда гIахьаллъизе кколев вукIарав Гъизляралдаса лъабго чи шагьар бахунеб бакIалда ккун ругин полициялъ ва диваналде риччан гьечIилан. «Гьел нугIзал кир ругел гьанже лъалеб гьечIо. Киналго нугIазе низам цIунулез хIинкъалаби кьолел руго Гъизляралда. Гьеб кинабго гьабулеб чилъун ккола Андрей Виноградов. Гьесул гьеб ишалъе къимат кьезе ккола прокуратураялъ», - илан абуна МухIамадовалъ.

Диванчи Исрафиловас гьелъие жаваб кьуна живго Винградовги ахIилин диваналде сурав босизеян. Гьеб мехалда ХIамзатовазул гIагарлъиялъул цояс диваналъул залалдасан ахIана «ТIоцеве гьев вачеян диваналде», - ян. Гьеб жо ахIарав чи Исрафиловас нахъе къотIана диванханаялдаса.

Гьеб къоялда диваналда сурав босана лъабго нугIасухъа. Шарапудин ГIабдурашидовас бицана жив Гъизляралда таксистлъун хIалтIулев вугилан. Гьесул рагIабазда рекъон, лъугьа-бахъин ккараб къоялда гьес жиндирго автомобилъ чIезабун буго ХIамзатовазул автостоянкаялда. «Гьениб жиндирго автомобиль чIезабуна цо чияс. Гьеб гьениса нахъе бачеян абулеб букIана гьесда Гъаздибир ХIамзатовас, амма дов чи гIеннекичIо Гъазидибирил гьариялда. Гьелдалъун гьезда гьоркьоб дагIба-рагIи ккана», - ян бицана нугIас.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьесда ракIалде гьечIо щив вукIаравали дов чи. ГIабдурашидовас абуна, Гъазидибирги автомобилалъул хважаинги рагъизе анин ва лъица щив вухаравали жинда лъаларилан, щайгурелъул кинабго жо жинда рикIадаса бихьулеб букIанилан.

ЦIех-рехалда ГIабдурашидовас абураб жо цIалана адвокат МухIамадовалъ. ГIабдурашидовас абун букIун буго Гъазидибир вухарав чилъун кколин Заирхан МухIамадгIалиев (гIайиб гIунтIизабулезда гъорлъ вуго гьев). Ахир къад, нугIас абуна цIех-рехалда бицараб битIараб бугилан.

КIиабилей нугI Зайнаб ГIумаровалъ бицана жий хIалтIулей йигин ХIамзатовазул базар-централда арендаялъе босараб тукадаилан. Лъугьа-бахъин ккараб къоялда гьей хIалтIуда радалго ячIун йиго ва гьелда Гъазидибир вихьун вуго хъублъараб ретIелги ретIун ва гьесул гIумерги бидуца багIарлъизабун буго. ГIумаровалъ абуралда рекъон, гьелда лъалеб букIун гьечIо доб мехалда щиб ккарабали.

«Гъазидибир вухулевлъун вихьичIо. Гьев базар-централъул кавуялда жаниве вачIаравго, гьесда хадур рортун рачIана цо чагIи. Щал гьел рукIаралали лъаларо. Гьез тунка-тункун Гъазидибир нижер тукада жаниве ккезавуна ва жалгоги жанире лъугьана», - ян бицана ГIумаровалъ.

Тукеналде жанире рачIараз абун буго ГIумаровалъдаги тукада рукIарал цогидаздаги нахъегIан къайилан. Гьелдалъун гьез Гъазидибиргун бицунеб хабар жинда рагIичIилан абуна нугIалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, дол чагIаз туманкI бахъун буго Гъазидибирахъа ва нахъе ун руго гьенисан.

Диваналде вачIарав лъабабилев нугI Карамудин Карамудиновас бицана лъугьа-бахъин ккараб мехалда жив хIалтIулев вукIанилан Гъизляр мухъалъул нухмалъулев хисулевлъун. ГIайиб гIунтIизабулел лъалищилан гьикъана гьесда диванчияс. Гьел жиндир лъикIал гьудулзаби ругилан жаваб кьуна Карамудиновас. Гьес бицаралда рекъон, лъугьа-бахъин ккараб къоялда гьевги Виноградовги хIадурлъун рукIун руго хIухь бахъиналъе Железноводск шагьаралде ине.

«Гъазидибирлгун хъаравуласул дагIба-рагIи кканилан рагIана радал. Щиб сабаблъун, сундуе гIоло гьеб ккарабали лъаларо. МухIамад ХIамзатов вачIинегIан чIун рукIана. Гьес телефоналдаса ахIана ккаралда тIаса кIалъазе бокьун бугилан. Цодагьаб мех индал рагIана къватIибе цо хъуй. Ваккана къватIиве ва рихьана хъаравулзаби рачIун рукIин. Гьез бицана жал ХIамзатовгун кIалъазе ун рукIанин ва гьез жал руханилан. Юсуп Шариповасул гьумер бидул цIун букIана», - ян абуна Карамудиновас.

Гьеб мехалда диваналда хъуй байбихьана. Карамудиновас гьереси бицунеб бугилан ахIдана чIваразул гIагаралъиялдаса руччаби.

Диванчи Исрафиловас абуна, жинца чанги нухалъ лъазабун букIанин диван бачиналъе квал-квал гьабугеян, амма жиндир гьариялда гIинтIамулеб гьечIилан. Гьелдалъун Исрафиловас абуна, гьанже диваналъул данделъиял къараллъун рукIине ругилан. Приставаз диванханаялдаса къватIире лъугьинаруна киналго.

Диванханаялда хIалтIулес хадуб бицана «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасе киналго нахъе араб мехалда гIайиб гIунтIизабулезда гьоркьосан цояв гьиманилан. «Гьимизе ккараб щибго жо бихьуларо», - ян абун буго гьесда адвокат МухIамадовалъ. «ЧIа мун, дица дуе гьабила», - ян абун буго гьелда гIайиб гIунтIизабулев Садикъ МухIамадовас.

Диванчи Исрафиловас хадуб гIайиб гIунтIизабулезда лъазабун буго, жеги гьединал рагIаби абуни, гьел гьечIого бачине бугилан диван.

Хадуб нугI Карамудиновасухъа сурав босун буго. Гьес бицаралда рекъон, гьесда лъалеб гьечIо щиб сабаблъун ккарабали кинабго жо ва лъица чIварал вацал ХIамзатовал.

Иргадулаб данделъи тIобитIизе буго 3 декабралда.

Адвокат Сапият МухIамадовалъ абуна «Эркенлъи» радиоялъе диваналде рачIунел лъабгоял полициялде рачун ругилан.

Сапият МухIамадова: «Киналго нугIзал ракIарун рукIн руго Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Виноградовас буюрухъги кьун. РакIарун руго гьел ГАИялъул нухмалъулес. Гьесул цIар Муса буго. Гьес нугIазда лъазабун буго диваналдеги ун гIайиб гIунтIизабулезда тIаса сурав гьез кьунани, гьезиеги гьабизе бугин ХIамзатовазе гьабурабщинаб. 22 ноябралда диваналде ине рахъарал лъабго чи ккун вуго полициялъ шагьар бахунеб бакIалда. Гьел рачун руго Гъизляралъул полициялъул идараялде».

Жидехъе киналгIаги нугIзал рачичIилан абуна Гъизляралъул полициялъул идараялда дежурнияс.

НугIзазе хIинкъалаби кьолел ругилан МухIамадовалъ бицаралда тIаса баянал росизе щвечIо Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Виноградовасухъа. Гьесул секретарас абулеб букIана гьев данделъиялда вугин яги хIалтIуда гьечIилан.

XS
SM
MD
LG