МагъчIваялъе рес

Олимпиадаялъул меседалъухъ лъица кигIан кьолеб?


Сочиялда хасалал Олимпиадаялда бергьин гьеб гIицIго машгьурлъи гуро. Рокъоре Олимпиадаялъул меседил медалалгун рачIарал спортсменазе улкабаз бащдаб миллион долларалде щун гIарац кьезе рагIи кьолеб буго. Кинаб улкаялъ бергьаразе кигIанасеб гIарацха кьезе бугеб?

Сочиялъул Олимпиадаялда месед босарал атлетазе машгьурлъи гурониги щвезе рес буго анцI-анцI азаргоялдаса нус-нус азаргоялде щвезегIан доллар.

Гьениб бищунго интересаб жо буго жидер спортсменаз цониги нухалда месед босичIел спорталъул тайпабазе, масала, лижабазда хъещтIеялъе яги керлингалъе цо-цо улкабаз бищунго цIикIкIун бонусал рихьизарун рукIинги.

Сочиялда босараб бергьенлъиялъухъ бищунго гIемер гIарац кьелин абулеб буго Азербажаналъ. Бакуялъ гьениве витIун вуго кинабниги ункъго атлет. Улкаялъул Олимпиадаялъул миллияб комитеталъ Эркенлъи Радиоялъул Азербажан хъулухъалъе бицухъе, гьев ункъасул цонигияс цониги чIел босиялда хьулцин гьечIо. Амма кин бугониги, месед босаразе гьез кьезе бихьизабун буго 510,000 доллар, гIарцухъ-255,000 ва мазгарухъ-130,000 доллар.

Азербажалда мадугьалъихъ бугеб Армениялда меседалъухъ кьезе бихьизабун буго 30,000 доллар, гIарцухъ-20,000 ва мазгарухъ- 10,000 доллар.

Гьел улкабазул цонигиялъе щун букIинчIо цониги медаль Канадаялъул Ванкувералда 2010 соналда хасалал Олимпиадаялда.

Ванкувералда цо медаль щвараб Казахстаналъ исана кьолеб буго меседалъухъ 250,000 доллар, гIарцухъ-150,000, лъабабилеб, ункъабилеб, щуабилеб ва анлъабилеб бакIал босаразе кьезе бихьизабун буго 75,000 доллар.

Белорусиягун Украиналъ меседалъухъ кьезе буго 150,000 доллар, гIарцухъ- 75,000 ва мазгаралъухъ - 50,000. Ванкувералда Белорусиялъе щун букIана лъабго медаль, Украиналъе цо.

Россиялъ меседалъухъ кьезе буго 113.000 доллар, гIарцухъ- 71,000 ва мазгаралъухъ-42,000 доллар.

Россиялъул атлетазе Ванкувералда щун букIана кинабниги 15 медаль, гьезул лъабго гурони букIинчIо меседил. Меседил рахъалъ Ванкувералъул Олимпиадаялда Россиялъ бихьизабураб хIасил букIана тарихалдаго бищунго квешаб.

ТIадехун рехсараб гIарцул къадар гIемерго цIикIкIараб буго магърибалъул улкабаз жидерго атлетазе кьезе бихьизабулелдаса. Масала Америкаялъ кьезе буго меседалъухъ-25,000, гIарцухъ-15,000 ва мазгарухъ- 10,000 доллар.

Алманиялъ кьезе бихьизабураб гIарцул къадар буго 2,000 долларалда ва меседалъухъ кьезе буго 20,000 долларалда гьоркьоб.

Канадаялъул Олимпиадаялъул комитеталъ кьезе буго меседалъухъ 9,000 доллар, гIарцул медалалъухъ-6,800 ва мазгаралъухъ-4,500 доллар.

Олимпиадаялъул медалазухъ гIарац кьей гьеб гIицIго хасалил Олимпиадаялъул гIаламат гуро. анцI-анцI азарго долларалде багьаби рахунел лъикIал автомашинабиги, цIиял рукъзалги кьун рукIана Азербажаналъул ва Таджикистаналъул атлетазеги Совет Союзалде гъорлъе унел рукIарал цоги цо-цо улкабазул атлетазеги Лондоналда букIараб риидалил Олимпиадаялда бергьаралъухъ.

http://gdb.rferl.org/655F04A7-09C7-438B-A447-B280DCFEF9B4.gif

Федералияб даражаялда кьолел шапакъатазде тIадеги Олимпиадаялъул чемпионазе ва гьенир медалал щваразе сайгъатал гьарула масала Дагъистаналдаги. Республикаялъул даражаялдаги кьола спортсменазе хириял сайгъатал, гьел рижараб мухъ-ракьалъул даражаялдаги кьола.

Цо-цо экспертазул баяназда рекъон, масала Дагъистаналдаса спортсменазе Олимпиадаялда щвараб меседалдасан байбихьулин абизе бегьула мискIинлъи лъалареб гIумруялде ва машгьурлъиялде нух. Республикаялъул хъулухъчагIазда гьоркьобги батула гьезие бакIал.

Антуан Блуа ва Исхlакъова Ума
XS
SM
MD
LG