МагъчIваялъе рес

Диван гьечIел къисасал ва нахъойги жаназаби


18 юлалда радал Лак мухъалда чIварав кIигояв щалали чIезабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьел ккола Хважалмахьиялдаса МухIаматIагьир Тимирчиев ва Шамил ГIабдулмажидов.ЧIваразул гIагараз абулеб буго гьел кIиялго гьал къоязда рикъун рукIанин.

Терроризмалда данде чIараб хасаб операция Лак мухъалда байбихьана 14 июлалда ва жеги льугIун гьечIо. Гьеб хасаб операциялда 15 июлалда чIвана "рохьилазде" гъорлъе унезул кIигояв, къуваталъул идарабазул кIиго хIалтIухъанги, гьединго 16 июлалда чIвана хасал хъулухъазул кIиго хIалтухъанги. 18 июлалда чIварал кIигоязул "рохьилазулгун" бухьенал рукIанилан бицана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Амма чIваразул гIагараз Эркенлъи Радиоялъе бицаралда рекъон, Тимирчиевги ГIабдулмажидовги рилун рукIун руго чIван ратилелде. Гьезул цIарал рехсон рукIун руго церехун нилъеда рагIарал Хважалмахьи росулъ «чIвазе къотIаразул сияхIазулъ».

Марталъул ахиралда Хважалмахьи росулъ тIибитIазубун букIана гьеб сияхI. Гьениб 33 цIар рехсон буго ва гьел чагIи ккола яги "рохьилазул" гIагараллъун яги салафияллъун. Марталда гьеб сияхIалдаса лъабгояв чIвана. Гьел такъсирал жеги рагьун гьечIо.

Лак мухъалда чIварав Тимиричиев 17 июлалда къаде виланин ва гьелдаса нахъе гьев араб бакI лъазабизе кIвечIилан бицана «Эркенлъиялъе» гьесул вас МухIамадица. Гьесул ракIчIун букIана эмен викъун вукlиналда гьесул цIар дол сияхIазда рехсон букIиналъ.

Кин эмен Лак мухъалде ккаравали жинда лъаларин абуна МухIамадица.

Тимиричиев МухIамад: «Судмедкспертлъун хIалтIулев вуго нижер росулъа чи, гьес бицана тIоцебе нижеда Лак мухъалда чIваразда гъорлъ эмен вугин. Кин гьев гьениве ккарав, щай чIварав дида лъаларо. Къануналда данде кколарел киналгIаги бухьеналги рукIинчIо гьесул».

16 июлалда Хасавюрталда викъана ГIабдулмажидов Шамил. Гьесул цинагIал ХIажимурад МухIамадовас бицаралда рекъон, сардилъ мехалда сагIат 11 тIубайдал полициялъулал рачIун руго ГIабдулмажидовасул рокъоре.

Гьесул чIужаялда гьез бицун буго Шамил викъулев вихьанилан жидехъе телефоналде ахIун бачIанин. ГIабдулмажидов викъулев вихьун вуго гьесул мадугьалзабазда.

Полициялъул хIалтIухъабаз абун буго викъарасул гIагарлъиялда гIарза хъвазе рачIаян . Гьеб гIарзаги хъван буго гьесул цинагIалас. Гьединго мадугьалзабаз бицун буго Шамилил чIужуялда гьев викъанин полициялъул форма ретIаразилан.

XS
SM
MD
LG