МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар


Информациялъулаб рагъ, цlвабигун медалал щолел генерал, школазда бакIал гIоларел цIалдохъаби – гьел суалазда хъинтIана гьаб анкьалда Дагъистаналдаса блогерал.

Сноуденалги Ассанжалги Дагъистаналдаги ругилан хъвалеб буго giovinco цIаралдалъун даптар бачунеб блогерас. РакIалда щвезабила, Эдвард Сноуден ккола америкалъул ЦРУялъул вукIарав хIалтIухъан. Америкалъул хасал хъулухъаз тIолго дуниялалда ругелщинал гIадамазда хадуб интернеталдаса хал кколеб бугилан бицана Сноуденица журналистазда ва лъутана Цолъарал штатаздаса. ГьабсагIаталда гьев Россиялда вуго. Америкаялдаса Джулиан Ассанжицаги жасусазул документал лъуна интернеталда. Гьев кIиго америкаялъуласул къисматги хIисабалда босун, giovinco блогерас хъвалеб буго, гьаб 2013 соналда Дагъистаналдаги раккананин сноуденалгун ассанжал.

ХIалтIудаса нахъе гъурал Дагъистаналъул хIакимаз социалиял сайтазда жидерго гурел цIаразда гъорлъ чанги батIияб информация рехулеб бугин, хъвалеб буго блогерас. Гьел чагIазе бокьун батила жидерго хIалтIул бакIал нахъе щвезе ва гьелдалъун гьез цогидал хIакимал какулел ратилин, рикIунеб буго блогерас. Гьес хъваралда рекъон, информациялъул рагъда гIахьаллъулел руго хIакимал гурелги къуваталъул идарабаздаса хIалтIухъабиги. Гьезулги жидерго гIиллаби ратилин, хъвалеб буго блогерас даптаралда.

«Жакъа Дагъистаналда гIарцулгун хъулухъазул гурелги информациялъул рагъа-рачариял гIемерллъулел руго. Гьелъул хIасилал добго гIарац яги хъулухъ тIалаб гьаризе хIалтIизарула, яги такъсир гьабиялъул ишазул томазда жанир уна, яги журналистазухъе щвезарула», - илан хъвалеб буго блогерас ахиралда.

Дагъистаналдаса адвокат Расул Къадиевас жиндирго блогалда лъун буго жинцаго Путинихъе хъвараб кагъат.

Ахирисел къоязда Дагъистаналда чIвана ункъо полициялъулав. «Гьел ккола нилъер гъалатIазул къурбаналлъун, амма гьезул лъималазда кин бичIчlизабилеб щиб жо политика кколебали», - ян байбихьулеб буго кагъат адвокатас.

«Кин лъималазда бичIчlизабилеб Дагъистаналда терроралде данде эффективияб хIалалъ къеркьолеб гьечIин пачалихъин? Санайидаса санайиде цого чагIи къеркьолел руго терроралде данде, амма гьезул хIалтIи цебе билълъунеб гьечIо. ЧIвалел руго гIадатиял полициялъулал, медалал щолел долго хIакимазе. ЧIварал полициялъулазул къоролзабаз гьикъани, щай терроралде данде хIасилал гьечIого къеркьолел ругел цого хIакимзабийин, кинаб жаваб гьезие кьелеб? Гьел хIакимазул хIалтIи хашаб букIиналъ гIадамазда рихулеб буго полиция, полициялъулазда рихулеб буго халкъ. Кида гьаб гизма лъугlинеб? Бегьуларищ Дагъистаналда лъайги махщелги бугел, пиарги погоналги къваригIиyчIел чагIи ритIизе?» - гьел суалал кьолел руго Путиние Къадиевас жиндирго блогалдасан.

«Дуца гьанире ритIулел генерал щокъролъ къан руго халкъалдаги, полициялъулаздаги. Гьездаса жаваб тIалаб гьабизе лъугьиндал, гьез цебе лъола чIварал полициялъулазул цIарал рехсарал сияхI. Гьезда бичIчlулеб гьечIо гьеб сияхIалда цIарал цIикIкlунел ругел жидерго гIайбаздалъун гьенире ккарал рукlин. Журналисталгун адвокатал чIвалел ругин республикаялдайин абураб мехалда гьез данде жаваб гьабулеб буго чIварал полициялъулазул хIакъалъулъ бицунеб гьечIин. Бицунеб буго гьезулги, амма халкъалда лъалеб гьечIо щиб гьабизе кколеб генералазе цlвабигун медалал щолеб рагъ лъугIинабизе бокьун гьечIеб мехалда», - гьедин хъвалеб буго адвокат Къадиевас жиндирго блогалда.

Дагъистаналда лъайкьеялъул система цебетIезабиялъе гIолеб гьечIо 800 школа илан абуна цодагьалъ цебе республикаялъул лъайкьеялъулгун гIелмияб министерлъиялъул нухмалъулев Артур ТIалхIатовас.

Школаби гIолел гьечIин хъвалеб буго блогер ХIава МахIачевалъги. Гьелъ хъваралда рекъон Дагъистаналда 700 нусго школа хIалтIулеб буго радалги къадеялда нахъеги цIалдохъаби хьвадун. Жиб-жиб соналъ улбузда цебе чIолеб буго масъала – кинаб школалде лъимал ритIилел.

Блоггералъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе школаби гIолел гьечIин жиндие гIагараб Буйнакск шагьаралдаги.

ХIава МахIачева: «Буйнакскалда хIалтIулеб буго 11 школа. ГIемерисел школазда бакIал гIолел гьечIо, цо-цо школазда лъимал гIолел гьечIо. Шагьаралъул батIи-батIиял мухъазда батIи-батIиял суалал руго. Мисалалъе, 9-леб школалда буго щуго тIоцебесеб класс, дун хIалтIулеб 5-леб школалда кIиго тIоцебесеб класс. Лъабго-ункъго школа къваригIун буго шагьаралъе. Радалги, къадеги, къадеялда нахъеги уна 9-леб школалде лъимал. Гьеб школа буго Шималиябилан абулеб мухъалда. Гьениб чара гьечIого къваригIун буго цIияб школа».

Школаби гIолел гьечIо хасго чIахIиял шагьаразда. Гьеб суал тIубазе бегьилаан пачалихъиял гурел школаби цIикIкIаниилан хъвалеб буго МахIачевалъ жиндирго интернет-даптаралда. Амма пачалихъил гурел школазда лъимал ритIизе рес бугел хъизанал гIемер гьечIо – гьел школазе кьезе ккола гIарацилан хъвалеб буго ахиралда блогералъ.

XS
SM
MD
LG