МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар. Июль, 22-27


Дагъистаналъул хIукуматалда карал хиса-басиязда хъинтIана гьаб анкьалда блогерал.

Дагъистаналда цIияв премье-министр теялда тIаса хъвалеб буго «Регнум» сайталда бугеб жиндирго блогалда Константин Казениница. Абдусамад ХIамидов премьерлъун теялъ бихьизабулеб буго Дагъистаналда хIакимазул хъулухъазда гъорлъ цIилъаби рукIине гьечIолъиилан рикIкIунеб буго Казениница.

«Республикаялъул нухмалъиялда вачIаравго Рамазан ГIабдулатIиповас абуна хIакимазул кьерал жинца цIилъизарилин. Хас гьабун абуни, гьес бичIизабуна хIукуматалда хIалтIизе росизе ругин Дагъистан тун къватIире машгьурлъарал дагъистаниял», - илан ракIалда щвезабулеб буго Казениница.

«ГIабдулатIиповас тIоцебе гIуцIараб хIукуматалда гьединав цо-кIиго чи гурони вукIинчIо, амма цIидасанго гIуцIулеб хIукуматалда гьел чагIи гIемерлъизе бегьулаан. Щайгурелъул ГIабдулатIиповасул политикияв дендеяв МахIачхъалаялъул мэр Саид Амировас квал-квалал гьаризе гьечIелъул.

Амма кадровияб политикалъ батIаго кIудиял хиса-басиял гьаризе гьечIо. Премьер-министрлъун ХIамидов теялъ бихьизабулеб буго кадровияб рахъалъан Дагъистаналда масъалаби рукIин», - илан хъвалеб буго Казениница.

«КIоладай Дагъистаналъул хIакимазул кьерда гъорлъ цIиял чагIи гIемерлъизаризе? ХIалтIухъаби ралагьулел халкъазда гьоркьосел компаниялгун бухьен ккун буго ГIабдулатIиповас.

Гьел компаниязул кумекалдалъун бокьун буго гьесие хIакимазул хъулухъазда гIадамал ралагьизе», - илан хъвалеб буго Казениница.

Амма Дагъистаналда руго хIакимазул бакIазда тезе чагIиилан рикIунеб буго авторас. Гьесул хъваралда рекъон, чанги нухалъ щун вуго гьев Дагъистаналда ва хIакимал хисизе бегьулел чагIилъун гьесда рихьулел руго росабазул бутIрул.

«Росдал лъикIал бутIрулги Дагъистаналда батIаго гIемер гьечIо, амма гьел чагIиги ратизарун, гьел ахIизе ккола жиндаго аскоре республикаялъул нухмалъулес», - илан, хъвалеб буго Казениница.

«Росдал бетIерасе вачIунаго министрасул хъулухъ кьезе кколаро, амма гьев хIисабалде восизе ккола ва гьесул цIар кадровияб сияхIалда букIине ккола», - анин хъвалеб буго Казениница.

Дагъистаналъул хIукумат тIубанго нахъе битIиялда тIаса жиндирго пикраби интернет-даптаралдасан загьир гьарулел руго блогер МухIамад ГIалиевас:

«Президентасул рищиял гьаризегIан цо моцI хутIидал хIукумат тIубанго нахъе битIи щиблъун кколеб республикаялъул нухмалъулесе? Цогидав политикасе Дагъистаналда гьеб кколаан балагьлъун.

Амма ГIабдулатIиповас хIукумат нахъе битIи бихьулеб буго чара гьечIого къотIараб хIукмулъун, гьелъ бихьзабулеб буго гьесие хIалтIизе бокьун букIин».

«Финансалгун-криминалиял къокъабигун хIалтIизе ГIабдулатIиповасе бокьун гьечIо. Гьесул гьеб мурадалъул рахъ кколеб буго Кремлалъги», - илан рикIунеб буго блогерас ва тIаде жубалеб буго гIадатиял дагъистаниязеги нухмалъулесул гьединаб политика рекIее гIолеб бугин.

Блогерас хъваралда рекъон, Дагъистаналда политикаялда гъорлъ чанги батIияб жо бичIула. «Республикаялъул хIукумат нахъе битIиялъ бихьизабулеб буго ГIабдулатIиповас Дагъистаналда кадровияб политика гьабулеб букIин.

Гьеб политикаялъул хIасилазул бициналде жеги щун гьечIо, амма гьединаб политика байибихьизе кIвечIо Дагъистаналъул цересел нухмалъулезда», - илан хъвалеб буго блогерас.

«ГIабдулатIиповасул гIадаб политикияб гIумру Дагъистаналдаса цогидал хIакимазул букIинчIо. Совет заманалдаги цIияб Россиялдаги рукIарал политикал кире арал лъаларо, амма ГIабдултIипов политикаялда хутIана. Жакъа гьесухъе кьун буго улкаялда бищун захIматаб регион.

Политикияб лъайги ва республикаялда низам чIезабиялъе бугеб къасдалъги кумек гьабиле гьесие. ГIадатиял дагъистаниязги, Кремлалъги рахъ кколеб буго ГIабдулатIиповасул.

Цере рукIарал республикаялъул нухмалъулезда рихьичIо гьединал шартIал», - ян ракIалде щвезабулеб буго блогерас.

«Эркенал, кланазда гъорлъ гьечIел, миллиял суалал рорхуларел патриотал ралагьизе ккола ГIабдулатIиповас цIияб хIукуматалда», - илан хъвалеб буго блогерас ва ахиралда тIаде жубалеб буго гьеб суалалъул цо масъала бугин: кире жакъа ратилел гьединал чагIи.

Политикияб хал-шал гьабулев «Черновик» газеталъул мухбир МухIамад МухIамадовас рикIкIунеб буго цIияб хIукуматалде гъорлъе арал министразе щварал хъулухъал экзаменаллъун рукIина.

МухIамад МухIамадов: «Абдулатипов жиндирго команда цIехолев гуревги, жиндир буюрухъал тIубалев чи цIехолев вуго. Цеве вукIарав премьер-министрасда кIвечIо хIукуматалъул хIалтIи билъинабизе.

Мухтар Меджидов лъикIав экономистлъун ккола, щай гьесда хIалтIи гьабизе кIвечIеб лъаларо. Абдусамад ХIамидовги квешав хIаким гьечIо. БичIулеб буго гьесиеги инкар гьабизе бегьулареб хъулухъ кьуна.

Гьединабго хъулухъ кьуна ДГУялъул ректорасеги гьев МахIачхъалялъул мэрлъун тарав мехалда. Гьал къоязда гIуцIизе буго министразул цIияб кабинет.

Гьелда гъорлъе арал министразе щварал хъулухъал экзаменаллъун рукIина. Щайгурелъул сентябралда президентасул рищиял тIоритIун хадур цIияб хIукумат гуцIила.

Гьанже тарал министразда гьоркьосан гьеб хIукуматалде гъорлъ ина жидерго хIалтIи бихьизабурал чагIи. Гьелдалъун дида ккола хIакимал гьанже хIалтIизе журазе ругин, щайгурелъул гьезда гьоркьоса лъиениги бокьизе гьечIо министрасул бакI тезе».

«Кавказский узел» сайталда бугеб жиндирго блогалда тарих-чIужу Наима Нефляшевалъ Дагъистаналда гьарулел бертабазул хIакъалъулъ хъвалеб буго. Бертабазда гIемер гIарац хвезабула Кавказалда, амма бертабаздалъун гIарац гьабулелги ругилан хъвалеб буго Нефляшевалъ.

«Мисалалъе, бертин гьабулеб кIалгIаялде жанире унел нуцIаялда аскIоб лъун букIуна стол. Гьеб столалда тIад лъун букIуна кIиго ящикI – бахIарасулги бахIаралъулги.

Берталъе рачIараз гьенире жанир рехула гIарац. Берталъе ахIарав чи вачIинчIониги гьес битIизе ккола гIарац. Берталъе рачIарал ясазги жидеего гIарац гьабула кьурдизеги рахъуна», - илан, хъвалеб буго Нефляшевалъ.
XS
SM
MD
LG