МагъчIваялъе рес

Украиналъул къисмат Белоруссиялда такрарлъизе бугищ?


Александр Лукашенко: "Белорусиялда Россиялъул цониги ракьул бутIа гьечIо, Россиялдайин абуни руго некIсияб Белоруссиялъул ракьал".
Александр Лукашенко: "Белорусиялда Россиялъул цониги ракьул бутIа гьечIо, Россиялдайин абуни руго некIсияб Белоруссиялъул ракьал".

"Новый регион" абулеб интернет сайталда загьирабураб блогерасул макъалаялда бицен унеб буго мадугьаллихъ бугеб Белоруссиялда рахьдал-мацIалъул проблемаялъул. ГIемерал белорусазда цо лахIзаталъ бичIчIана – жиндирго рахьдал мацI лъаларел ва жиндир ватIаналда гIурусалъ кIалъалел белорусазе хIинкъи щолеб бугин гьелдалъун, щай гурелъул бокьараб мехалъ жидерго къавмалъул чагIи цIуни мурадалда гьенире яргъид гIуцIарал гIурусал рачIине рес буго бокьараб мехалъ.

"Новый регион" абулеб интернет-сайталда бахъараб макъалаялъул авторасул рагIабазда рекъон Белоруссиялда жигараб къагIидаялда рахьдал мацI лъазабулеб буго гIадамаз.

ГIуцIун руго батIи-батIиял семинарал ва рахьдал мацIалъул дарсал кьолел курсал. Гьел кьолел руго волонтераз. Украиналде данде ккун Белоруссиялда гIемерал гIадамазда жиндирго рахьдал мацI кIочон тун буго.

Украиналда дагIба багъарун ва гьелдаса нахъе гIурусалъ кIалъалел сепаратистаз Донецкалъул ва Луганскалъул пуланал республикаби лъазарун хадуб Белоруссиялъул миллатчагIаз ургъел гьабулеб буго жидерго ватIаналда бугеб ахIвал-хIалалъул.

ХIакъикъаталдаги, абулеб буго блогерас рахьдал мацI лъаларел гIадамал жидерго къвамалъул чагIилъун лъазарун ва гьеб багьанадуеги босун гьенир хехго рачIине бегьула яргъид-гIуцIарал гIурусазул миллатчагIи, ян пикру гьабулеб буго блогерас.


Амма бугищ рес Россия Белоруссиялде тIаде кIанцIиялъе? – ян суал цебе лъолеб буго блогерас ва жинцаго жаваб кьолеб буго, йохъилан абун. Щай гурелъул живго Белоруссиялъул президентасда бихьула кигIан кIудияб асар жиндие гьабулеб бугеб Кремлалъ.

Рехсараб макъалаялда ракIалде щвезарулел руго Лукашенкол ахирисел каламал. Гьес гIамал гьабулеб бугин Белоруссиялъул патриотазда жив гьединавго кIудияв патриотлъун вихьизавизеилан. ХIатта жанисеб политика хисизе хIаракат бахъулеб бугин гьес – миллияб хаслъиялъе цIикIкIараб кIвар кьолаго.

Аммаила, абулеб буго блогерас, хасго Лукашенкоца тIагIинабулеб букIана белорусазул миллияб хаслъи. Гьанежейин абуни, гьес беццулеб буго Белоруссиялъул маданиятги мацIги.

Блогерас бицаралде данде рагIи бигьаго батизе бегьула гьалкъояз Лукашенкоца кьураб жиндирго цо интервьюялда. Бугищ хIинкъи Россия Белоруссиялде тIаде кIанцIиялъул ва Украинаго гIадин гьеб республикаги бикьиялъул, ян абураб журналистасул суалалъе жаваб кьолаго, Лукашенкоца абуна, жиндир заманалда жинца Россиялъул президент Владимир Путиниде абунин, жив хIинкъулев гьечIин.

Белорусиялда Россиялъул цониги ракьул бутIа гьечIин, Россиялдайин абуни руго некIо Белоруссиялъул рукIарал ракьал. Мисалалъе Псков икълималда ва цогидал бакIазда. ГIиллацин гьечIин тIаде кIанцIизе ва ракьул цогIаги бутIа бахъизе.

Добго интервьюялда Украинияздехун вуссун, Лукашенкоца абуна – щайин нужеца зигардулел Крымалда бан? Крым нужер ракь букIун батани – щайха нужеца цогIаги кьвагьи гьабичIого, Россиялъе гьеб кьун бугеб?

Кинабха бугеб гьабсагIат Россиялъулгун-Белоруссиялъул гьоркьобакI? «Интерфакс агентлъиялъ» лъазабухъе гьалкъояз Минскалда тIобитIана Цолъараб – ай Россиялъулгун Белоруссиялъул – пачалихъалъул цадахъаб министрабазул Кабинеталъул данделъи.

Белоруссиялъул премьер-министр Михаил Мясниковичас доба абуна данделъиялъ къотIи гьабун бугин россиялъул гъурщил асар Белоруссиялда цIикIкIинабизе ва гьеб гуребги – миллиял банкалъул системаби цолъизаризе.

Гьединго гIуцIизе руго цадахъал компаниял ва акционеразул жамгIиятал. Индустриалияб ва финансияб капитал цолъизабизе ккола, ян абуна Белоруссиялъул премьер-министрас Минскалда букIараб рехсараб данделъиялдаса нахъе тIобитIараб пресс-конференциялда.

Жиндир иргаялда Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас такрар гьаруна жиндирго Белоруссиялъул коллегаясул рагIаби ва пикраби.

Гьелдалъун якъинго бихьула Европаялдехун буссараб Украиналда ва Россиялдехун буссараб Белоруссиялда гьоркьоб бугеб батIалъи. Хасго гьеб батIалъиялъ цебеккунго нахъ чIвале буго Россия Украиналде тIаде кIанцIиялъул рес. Гьелъул хIажалъицин гьечIин, щай абуни – жибго Белоруссиялъул тIалъи Кремлалде гъорлъе ине хIадураб буго, ян абулеб буго блогераз.

XS
SM
MD
LG