МагъчIваялъе рес

"Гьодораб" тарих яги букIинчIеб улкаялъул политиказул анищал


Гьал къоязда интернеталда тIиритIарал баяназда рекъон, Moderator.az сайталъе интервью кьолаго Азербайжаналъул демократияб партиялъул цевехъан Сардар Жамалогълыца абуна Дагъистан кколин умумулъанго Азербайжаналъул букIараб ракь, гьединлъидал заман щун бугин гьеб нахъе тIалаб гьабизе.

Умумулъанго рукIарал жидер ракьазда гъорлъ Жамалогълыца рехсолел руго Армениягун Басаркечарги. Гьединго абулеб буго 1828 соналде щвезегIан Азербайжаналъул ракьлъун рикIкIунеб букIараб Дагъистан, Туркменчаялъул ракълилаб къотIи-къаялда рекъон, гIурусаз жидехъего босанила.

Гьелда бан ЭР-ялъе гьадин бицунеб буго Дагъистаналдаса тарихчи Айтберов Тимурица.

Айтберов Тимур: «Гьев чияс абулеб жо – Дагъистан Азербайжаналда гъорлъ букIанилан – цIодорав чияс абулареб, маргьа буго. Дагъистан Азербайжаналда гъорлъ кин букIинеб Азербайжанго букIинчIеб заманалда? Гьеб цо. КIиабизе, падар мацIалъул чагIи дагъистаниязда цере хIалтIулел рукIун руго хъузхъул хIисабалда. Гьединго ругелниги азербайжаналъул ханзабаца гIарацги кьун Дагъистаналдаса боял ахIулел рукIун руго гуржиязулги цогиазулги тIадекIанцIияздаса жалго цIунизе. Гьединлъидал гьев чияс рицунел жал гьодорал жал руго».

Азербайжаналъул демократияб партиялъул цевехъан Жамалогълыл лъазабиялъе кьураб жаваб тарихчи Айтберов Тимурица жеги гьадинал хIужабаздалъунги мухIкан гьабуна. Дунялалъго къабул гьабураб къотIиялда рекъон, гьабсагIаталда Азербайжаналъухъ бугеб ракьги Терек гIурухъе щвезегIан бугеб Дагъистаналъул ракьги 18 гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда Ираналда гъорлъ букIана. Ираналъул тарихчагIаз нахъе тарал хъвай-хъвагIаязда Дагъистан Дагъистан хIисабалда хъван буго, Азербайжаналъул хIакъалъулъ хъвалелъул абуни рихьизарун руго Азербайжаналъул ракьалда букIараб чанго ханлъи – масала, Къуба, Нуха, Ширванин абун. Гьенир ханзабиги нуцабиги абуни дагъистаниял рукIанила.
Тимур Айтберов, тарихчи
Тимур Айтберов, тарихчи

Айтберов Тимур: «Масала босани, нилъедаго аскIоб бугеб Къуба абураб бакI. Дора ханзаби даргиязул кьибилалъул чагIи рукIана. Рагъухъабиги ракьул бетIергьабиги – лезгиял. Азербайжан, падар мацIалъул чагIи гьезда цере хIалтIулел рукIун руго хъузхъул хIисабалда».

19 гIасруялъул байбихьуда Иран загIиплъун буго. Гьеб мехалда аскаралги рехун, Россиялъ гьелъухъа рахъун руго гьанже Азербайжаналда гъорлъе унел ракьалги Терекалде щвезегIан бугеб Дагъистаналъул ракьги. Гьебго заманалда хъван буго Гюлистаналъул ракълилаб къотIи-къайги. Амма 15 соналдасан Ираналда рухI речIчIизе лъугьун буго. Гьеб мехалда Ираналъул бутIрузда ккун буго Россиялъ арал ракьал нахъе тIалаб гьаризе ккелилан. Амма дол рахъарал ракьазда тIадеги жеги эрменияз гIумру гьабулел ракьалги рахъун тун руго гIурусаз иранал. Гьедин бицана ЭР-ялъе тарихчи Айтберов Тимурица.

Официалияб куцалда гьаричIониги, Азербайжаналъул рахъалдасан камуларо Дагъистаналъул ракьазде ишан босун цевехун рехсарав демократияб партиялъул цевехъанас гьабураб гIадал лъазабиял. Азербайжан абураб пачалихъ букIинчIин тарихчагIаз абуниги, гьелъ дагIбаги бан дагьалъ цебе бахъун ана лезгияз гIумру гьабулеб букIараб кIиго росдал ракьал – Храх-Убаги Урьянобаги. Советияб заманалда Азербайжан республикаялъул рукIарал хъутабазул ракьал кколин абула гьел. Гьенир гIумру гьабулел лезгиязда цIарги бахъичIого, Россиялъ хIукму гьабун батана гьел ракьал Азербайжаналъухъе кьезе. Гьелдаго цадахъ рехсезе бегьула магIарулазгун лезгияз ва цIахураз гIумру гьабулеб ЦIоралъул ракьги. Ялъуни гIурусалъ - Закатала. Дагъистаналъул тарихчагIаз гьеб рикIкIуна кьолболъанго дагъистанияз гIумру гьабулеб букIараб ракьлъун. Масала, жакъа къоялда некIсияб магIарул мацI гьениб гурони цIунун хутIун гьечIо. Азербайжаналъул рахъалдехунин абуни ЦIоралъул ракь ккун буго советияб заманалда гIорхъаби гьарулелъул. Амма я жамгIиял гIуцIабаз, яги официалияб Дагъистаналъул тIалъиялъ Азербайжаналъ ЦIор нахъе кьезе кколин абураб лъазаби гьабичIо цониги нухалда.
XS
SM
MD
LG