МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул «робин-гудал» ва лъимал рухулел аскариял


Россия -- Дагъистаналъул Генуб росу. 25Сен2011
Россия -- Дагъистаналъул Генуб росу. 25Сен2011

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ хитIаб гьабуна жидее «робин-гудазул» кумек хIажат гьечIилан, къанунал хвезарурал ишал гьаризе жидеца толарилан. ГIадамал жидецаго диван къотIизе лъугьине бегьуларилан лъазабуна республикаялъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасги.


Гьал къоязда интернеталде рехун бачIана, «рохьилаз» гIагарал чагIи чIварал гIадатиял гIадамал кколин жал, изну гьечIого яргъид гIуцIарал жидеца гъуризе ругилан абураб видео-хитIаб. Рагъул ретIел ретIарал ва ярагъ кодоб ккурал гIолохъабаз гьеб хитIабалда абулеб буго жал «робин-гудал» кколилан ва «рохьилалги» гьезул магIишатги щущазаризе ругилан. Гъизилюрт мухъалъул «рохьилазул» амирасде гьабураб хитIабалда гьел гIолохъабаз абулеб буго, мукIурлъун, полициялде кверде рачIаян.

Цо-цо экспертаз абулеб буго гьеб гьурмал рахчараб видео-хитIаб жалго къуваталъул идарабаз гьабун батулилан. Низам цIунулезде гIадатияб халкъалъ божилъи гьабулеб гьечIолъи бихьула гIадамазда гьоркьор гьарулал цIех-рехазги.
Полициялъулаз жидер росулъ къанунияб гуреб куцалда гьабунин хIалтIиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Генуб росулъа жамагIатчагIаз.

Шималияб Кавказалъул «Имарат» абураб «рохьилаз» лъазабураб пачалихъалъул Дагъистаналъул вилаяталъул мугIрузулаб мухъалъул амир Сулейманов МухIамад (Абу ГIусман) Генуб росулъа ккола. Чанго нухалъ хасал тадбиралги тIоритIана къуваталъул идарабаз гьеб росулъ.

Генуб хасаб операция гьабизе рачIарал аскариязда гъорлъ рукIун руго, Россиялъул цоги регионаздаса гурелги, магIарул мацI бицунел аскариялги. Гьезда гъорлъ гьединго Чачаналъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул рагъухъаби рукIун ратиялдаги щаклъи загьир гьабулеб бугоан цо-цояз.

Абу ГIусманил вакьад Сайгид: «Киналго квешал ругин къуваталъул идарабазда хIалтIулел чагIиянги абизе бегьиларо. Руго гьезда гьоркьор бегьилел чагIиги. Мажгитазде рачIунел, маскабиги рахъун, как балел, рузманалде рачIунел хIалтIухъабиги руго гьезда гьоркьор. Амма гьезул 60 процент буго как-дин гьабулареб. КIиго вугила жидер Аллагьилан абуна гьез.

Путинги анашаги ратилаха гьезул Аллагьзаби. ХъахIал, чIегIерал ва цоги-цоги батIиял кьеразул рагъулаб ретIел ретIарал аскариял рукIана гьанир. Чачаналъа Къадировасул къокъаги букIанин абуна.

Киса рачIарал ругониги, къанунал хвезарула гьез. Гьел киналго рихьун руго нижеда. Аварагасул суннат букIиналъ, бусурбабаз мегеж тола. Нилъер руччабаца гьумер бахчула, суннатги бугелъул Къуръаналъул аяталги ругелъул. КIкIван мегежгун, гьумер бахчулев бихьинчи щив вукIунев, Тагъут гурони? Хъачагъаз балеб жо гурищ маска? ТIалъиялъул чагIаз щай балеб маска, щай рахчулел гьурмал? Гьанги бикъизе, гIанкIуги бикъизе, цоги квешлъиги хIалихьалъиги гьабизе. Садистал-зулмучагIиги руго гьезда гъорлъ.

ТIадтаразда нахъаги рахчун, нижеего бокьа-бокьараб гьабулелги руго. Гьединал чагIаз гурони гьитIинаб лъимер къварид гьабулищ? Секторазде бикьана гьез росу. Рокъове унев цIалдохъан вугин гьав, виччаян вуго дун гьесда. Лъимадул сумка хъирщулев вуго аскарияв».

Жал гIадатиял гIадамазе гIакъуба кьезеги хIалихьатал жал гьаризеги тIамулел рукIин бихьарал цо-цо аскариял анин гьениса нахъеян ракIалде щвезабуна Сайгидица.
Аскарияз гендеридаса Сулейманов МухIамадин абулев чи росулъа къватIиве витIеян абулеб букIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Сайгидица.

Сайгид: «Гьаз нижеда абулеб буго гьадинаб жо. Гьаб мухъалда нужер росулъа кIиго-лъабго чи вугила кинабго жо багъаризарулев, ахIвал-хIал квешлъизабулев. Гьел чагIи росулъа къватIире гъейила. Гьа, щив гъелев? Масала, абулеб буго Сулейманов МухIамад нахъе гъейилан. Сулейманов МухIамадица цо тIири квешлъи гьабун гьечIо.
Дагъистаналъул эмен вукIине мустахIикъав чи вуго Сулейманов МухIамад.

Дир дурцги вуго гьев. Вохаравги вуго дун гьесдаса, тIалъиялъул чагIазда гьедин абизеги абула дица. Гьесдаса чIухIула дун. Щайгурелъул, гIелмуги буго гьесул, яхIги буго гьесда, иманги буго гьесул, гьересиги бицунаро гьес, жиндихъе вачIарав чиясда битIараб жо битIахъе бадибеги абула.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав Гiадилгерей МухIамадтIагьировасдаги абуна гьес бадибе рагIи, цогидаздаги абуна. Къуръан-хIадисалдасан кIалъала гьев. Дагъистаналда тIадчагIаз хIакъир гьавурав чи щив аскIове вачIаниги, гьезсе кумекги гьабула МухIамадица».

Генуса Сайгидица бицунеб буго Сулейманов МухIамадихъе рекъел гьабизе МухIамадов МухIамадги вачIун вукIанин. Гьев ккола Дагъистаналъул жанисел ишазул министр хисулев.

Сайгид: «Балахьуниве ун вукIана МухIамадов МухIамадида хадув, кверде вачIаян гьаризе, рекъел-маслигIат гьабизе. Гьабуна, амнистиялда гъоркье кканилан абуна. Амма гъобго «рохьилазул сияхIалда» тун ватана. Цониги такъсир гьабичIо Сулейманов МухIамадица».

Гьаниб Сайгидица дагъистаниязда дандекколел руго гIурусазул казакал. Улкаялъул нухмалъиялъ ярагъ кодоб кквезе гьезие кьураб ихтияр дагъистаниязе щайила кьезе бегьулареб?

Дагъистаналда тIоритIулел хасал операциязул хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна Генуса Шамил МухIамадовас.

Шамил МухIамадов: «2007-2008 соназда Генуб КТО тIобитIулелъул, аскариязулъ гIемераб гIарац букIараблъи лъала нижеда. Цо-цо гIаракъи бичулеб бакI гьаб мухъалда батидал, гьенире рачIунаан аскариял. КТО гьабуралъухъ пачалихъалъ жидее гIемераб гIарац кьолин бицунаан къуваталъул идарабазул вакилзабаз. Гьез бахчулебго букIинчIо гьеб хIужа. 2012 соналъул КТОялдаги гьединго цIикIкIараб харж кьуна аскариязе».

Полициялъулаз жалго гIадамазда берцин рихьизаризе кигIан хIаракат бахъаниги, гьел хIалтIулел ругел къагIидаби гIадатиял гIадамаз къабул гьарулел гьечIо. Гьединаб пикру буго инсанасул ихтиярал цIунулезул ва Шималияб Кавказ лъазабулел экспертазул.

XS
SM
MD
LG