МагъчIваялъе рес

Унсоколо. Авариялъул хІасилалда лъукъана анлъго чи


19-апрелалда Унсоколо мухъалда рагъулазул I5 аскарияв тIад рекIараб Урал автомашина кьабун буго бакIалъул гIадамазул Нива-Шевроле ва Жигули 6 автомашиназда. Гьезул щугояв ва бакIалъул гIадамазул цояв лъукъун азарханаялде щвезарун руго.

Бакъанида сагIат лъабго тIубараб гIужалъ Унсоколо росдадаса ункъго километралъ рикIкIадегIан бугеб, ХарачIи, Генуб, Шамилхъала нухбикьуда россиялъул аскариязул тIад рекIараб Урал автомашинаялъ авария гьабуна
Унсоколо бугеб полициялъул бутIаялдаса хъулухъалъул иш тIубан Шамилхъалаялде унаго. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул полициялъ.

Гьеб бакIалде тIаде ккарал нугIзазул рагIабазда рекъон, аскарияв-шоферас вихун ккеялъул хIасилалда гьес машина сандехун тункизе биччан буго.
Тормозал хIалтIичIин машинаялъулин гаргадилев вукIарав шоферасдаса жадул рагIинисан гIадаб гIаракъидал махI букIанилан бицина гьенир рукIарал гIадамаз.

Хьибилиса гидалчIван унеб букIараб рагъулазул автомашина унсоколоса чагIазул автомашинабазде тIаде речIун ун буго ва Нива-Шевролегун Жигули-6 автомашинаби тIуранго чухIун хвезарун руго.

​Гьел машинабазул бетIергьаби гьениб аскIоб бугеб хъаравуллъиялъул посталда рукIун руго, Нива-машиналъул хважаин Унсоколоса 22-сон барав ХIамзатов МухIамад жиндирго машиналда квал-квалев вукIарав чиясул гьеб лахIзаталъ хIетIе бекун азарханалде хъамун вуго.
Лъабго аскариясул бетIер бекун, кIигоясул бох бекун гьелги Унсоколо азарханалда регизарун руго.

МугIрузул мухъазда ругел нухазда россиялъул аскарияз авариял гьариялъул хIужаби гIемерал руго. ЦIумада, ЦIунтIа мухъазда 2013 соналъ авария гьабун хвана кIигоял, лъукъана ункъгоял.

Табасаран мухъалда гьединго Унсоколо мухъалъул Генуб росдада аскIоб аскарияз авария гьабиялъул хIасилалда гIумроялдаса ратIалъана лъабгоял ва лъукъун гIажизлъана щугоял.

Росиялдаса рачIарал аскариязул хьвада-чIвадиялда хадуб хъаравуллъи командирзабаз гьабулеб букIарабани гьединал авариял ккелароанилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз.
XS
SM
MD
LG