МагъчIваялъе рес

Вэб-контроль - экстремизмалде данде


Исана ункъабилеб квартал рагIалде щвелалде хIадурун бахъине ккола экстремизмалде дандечIезелъун гIуцIараб хасаб стратегия.

Гьелда гъоркь гъулбасине ккола Россиялъул президент Владимир Путиница. Стратегиялда тIад хIалтIулеб буго Россиялъул жанисел ишазул министерлъи. Улкаялда экстремизм тIибитIиялъе кумек интернеталъ гьабулин абулеб буго гьениб. Гьединлъидал гьеб документ гIуцIаразда ракIалда буго интернеталдасан гьарулел гьфужумазде нухал къазе. Гьелда данде рахъинаризехъин руго блогералги, журналисталги, гIадатиял гIадамалги, интернет-провайдералги. Экстремизмалъул хIакъалъулъ макъалаби кин хIадурилелали хасаб лъай кьезехъин буго гIолохъанал журналистазеги.

Амма инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакилзабазул цо-цоял ракI рекъолеб гьечIо гьеб стратегиялда. Гьелъулъ цо чIванкъотIи гьечIилан.

Квешлъиялдагун лъикIлъиялда гьоркьоб батIалъи гьитиIнаб къяолдасан бичIчIизабун гурони, гьанже кIудиял гIурал чагIазда гьаб гьабе, гьаб цояб гьабугеян гьукъа-къаял гьариялъул тIири пайда кколарин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе Гъуниб мухъалдаса блогер Эльдар Ибрагьимовас.

Эльдар Ибрагьимов: «90 абилел соназда гIадин гьечIоха гьанже иш, батIайисан буго. Киназулго рокъор компьютералги руго. Гьенисан бокьарав чиясулгун бухьен гьабизеги бегьула. Дир хIисабалда, гьитIиназеги студентазеги берцинго бицун бичIчIизабизе ккола экстремизмалъул зарал. ЧIалгIаде, яги берцин рихьизелъун киназдаго рагIиледухъ ахIдон, жо кколаро. Дун правовой академиялда цIалулелъул нижехъе гар-чIвариял гьаризе рачIунаан бусурбабазул рухIияб бутIаялдаса чагIи. Гьез кутакалда берцинго бицунаан гьелъул».

Дагъистаналдаса блогер Лабазанов МухIамадил пикруялда рекъон, Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ хIадурараб концепциялъ хIасил кьоларо. Гьелъул бакIалда пачалихъалъ хIаракат бахъизе ккола жибго лъикIаб рахъалъан бихьизабизе, гурони гьукъа-къаял гьарун жо кколаро.

Доб цебехун бицараб стратегиялда хъван буго сайтазул мониторингал гьаризе кколилан.

Лабазанов МухIамад: «Гьедин интернеталда хъванщинаб жоялда хадур лъугьун, мониторингал гьаризе хIал кIоларо. Дагъистаналда сверун бугеб квешаб информациялъул ахIвал-хIал хисизабизеялъе тIоцебесеб абулеб жо букIана гьес блогераздаги журналистаздаги тIадаб бугила кигIан кIваниги цIикIкIараб позитивияб контент кьезе, цохIо гьеб нух буго гьениб».

Гьаниб гьадинго рехсезе бегьула арал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялъул. Чачаналдасагун Дагъистаналдаса блогералги информациялъул иш кодоселги ахIун, гьоркьоб лъун букIана интернеталдасан пачалихъалде гьарулел гьужумазул суал.

була, Шималияб Кавказалда гьоркьоб Дагъистаналда бугин бищун эркенаб пресса, гьединго интернетги. Интернеталда бищун эркенго хъвадарулин дагъистаниялин абураб пикру загьир гьабуна гьеб данделъиялда. Интернеталда бугеб дагъистаниязул хъвай-хъвагIаялда балагьун ракIалда ккезе бегьула тIубарал информациялъул рагъал унел ругин гьанир. Хасго ахир заманалда рихьизе бегьула ГIабдулатIипов - Дагъистаналъул нухмалъулесул ва гьединго низам цIунулез гьабулеб политикаялда тIад рекъонгутIиги, гьезде гьарулел гьужумалги.

Официалияб куцалда рагъ лъазабун гьечIониги, Дагъистаналда жибаб къойил ккола Дагъистаналда низам цIунулездаги, изну гьечIого яргъид гIуцIараздаги гьоркьор тунка-гIусиял, жибаб къойил хола анцI-анцI чи. Гьеб ахIвал-хIалги хIисабалда босун, интернеталда хъвадарулел ругел хасал чагIи Россиялъе кIудияб проблема кколилан абуна МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда басмаялъулгун информациялъул министр Азнаур Аджиевас.

Шималияб Кавказалда экстремизм тIибитIунгутIиялъе нухал къазелъул хIукуматалъ бюджеталдаса хвезарулин санайил нус-нус миллиардал гъурущ. Гьединлъидал гьеб данделъиялъиялъул кIиго хIукму ккана. Цояз абулеб букIана гьукъараб информация бугел сайтазде нух щвеларедухъ нухал къварилъизаризе кколин. Гьелда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе блогер МухIамад Лабазановас.

МухIамад Лабазанов: «Бищунго кIудияб гIила гьеб информация чIезабунгутIиялъе буго гьел киналго социялиял сетазул серверал-фейсбукалъулги цогидалги, гьезул серверал руго Америкаялдаги цогидал пачалихъаздаги, гьединлъидал нилъер спецслужбаяздаги, хIукуматалдаги кIоларо гьезде нухал къазе, щайгурелъул гьездасан чанго миллиардал долларал гIарцул щолел руго гьезие гьенисан».
Цебехун бицен гьабурав басмаялъулгун информациялъул министрствоялъ хIадурана интернеталдасан пайда босулезда цере лъурал хасал тIалабал.
XS
SM
MD
LG