МагъчIваялъе рес

Астраханалда кавказиязе дару гьабизе гьечlо


Астраханалъул ракьалъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ гьукъун буго жидер къайимлъиялде кколел медикиял идарабазе Шималияб Кавказалъул республикабаздаса унтарал къабул гьаризе.

Гьеб хIукмуялъ кутакалда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин рикIкIунеб буго Чачан республикаялъул инсанасул ихтиярал цIунулев вакил Нурди НухIажиевас.

Астрахан мухъалъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ гьукъун буго Шималияб Кавказалдаса рачIарал гIадамал гьенир сах гьаризе. Гьелда бан НухIажиевас гьеб мухъалъул прокуратураялде гIарза хъван буго сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул гьеб хIукмуялъе къимат кьеян. Гьелде щвезегIанги Чачан Республикаялдаса омбудсменасухъе гIарзаби рачIун рукIана Дагъистаналдасагун Чачаналдаса ва Ингушетиялдаса гIадамаз кигIан захIматаб диагноз бугониги сах гьаризе росулел гьечIин жал гьезул азарханабаздеян. Балагьараб мехалда гьеб гьукъулеб батун буго сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ. Гьелъие гIиллаги дагьалъ цебегIан Волгоградалда ккараб теракт бугин абуна гьеб министерлъиялъул хIалтIухъан Кузина Татьянаца.

Нурди НухIажиевас рикIкIунеб буго Россиялъул конституциялда рихьизарурал ихтияралги хIисабалде росун, Шималияб Кавказалдаса гIадамал азарханабазде росунгутIиялъул хIукмуялдаса инкар гьабизе кколин Астрахан мухъалъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ.

ЭР: «Кидаго дагIба дуца щай базе кколеб? Дагъистаналда яги Кабарагун Балкариялда гьечIогойищ инсанасул ихтиярал цIунулел официалиял вакилзаби?»

Нурди НухIажиев: «Узухъда, руго. Амма гьел гIодорегIан гьарураб жо абизе бокьилароан дие. Гьикъулеб бугелъул, бицина. Руго гьенирги омбудсменал. Амма жидерго халкъалъул мурадал цIунун абулеб рагIи рагIуларо гьездасан. Бачинин цо Ставрополь мухъалда вугев омбудсменасул мисал. Къурбан къоялъ садакъадуй гьан бикьулев вукIарав гьеб мухъалъул муфти хисулев чи низам цIунулез маскаги ботIрода ххун, гьесул рукъалда аскIоса вачун ун вуго, тIадежоялъе хIинкъизавун вуго дур лъадухъ шагьидазул рачел батанилан чIелин жалилан. Гьединго гьесул квераза тIад наркотикалги рахун руго, цинги вачун ун вуго. Амма щивниги вахъинчIо гьевги цIунун къватIиве. Гьелдаса кIудияб гIадлу биххи кинаб букIунеб?! Пачалихъги гьечIо, ихтияралги гьечIо, ритIухълъги гьечIо. Гьединал пикраби гьаризе тIамулел руго низам цIунулез».

XS
SM
MD
LG