МагъчIваялъе рес

Асиялова: «Дида бихьараб къо цогидал улбузда бихьугеги!»


Волгоградалда теракталдаса хадуб, 21Окт2013
Волгоградалда теракталдаса хадуб, 21Окт2013

Гъуниса Наида Асияловалъ Волгоградалда гьабураб теракталда лъукъарав 30 чи жеги азарханабазда руго. 21 октябралда ккараб терракталда хвана анлъго чи, 50-гIанасев лъукъана.

НизамцIунулезул лъазабиязда рекъон 30 сон барай Асяилова терракталъе хIадур гьаюна гьелъул росасас – 21 сон барав Дмитрий Соколовас. Ислам босарав гьев гIурусавгун гьелъул лъай-хъвай ккана Москваялда ва лъабго соналъ цере гьел МахIачхъалаялде рачIана. Жанисел ишазул лъазабиязде рекъон, Дагъистаналда Соколов рохьилазде гъорлъе ккана ва гьесда лъикI лъалаан кьвагьул алатал гьаризе. НизамцIунулез рикIунеб буго «шагьидазул рачел» гьес гьабунин жиндирго чIужуялъе.

«Эркенлъи» радияолъул мухбирас телефоналдасан ахIана теракт гьабуралъул эебел Равзат Асияловалъухъе. Гьелъ гIумру гьабулеб буго Гъуниб росулъ ва гьений гьей почтаялда хIалтIулей йиго.

Равзатица абуралда рекъон, Наида росулъ хIалтIулей йикIана художественнияб школалда ва гьеб къан хадуб хIалтIи балагьизе Москваялде ана. Ункъо соналъ цебе Москваялда Наида туркасе росасе ун йиго. Гьесие росасе кьезе ана Равзат ва гьелдаса хадуб тIокIай гьелда яс йихьун гьечIо гьелда.

Равзатица гьединго бицана гьелъул яс кIибилеб нухалъ росасе анин ислам босарав гIурусав Соколовасе. Соколов суратазда гурони вихьун гьечIо Равзатида. Гъоркьисала гьей полициялде ахIун йиго гьелъул ясалъул рос цIехолев вугиланги абун.

Равзат Асиялова: «Гъов гьитIина чи вукIун вугоха. Дида вихьарав чи гьечIо гьев, суратазда гурони вихьичIо. Гъоркьисала дун милициялде ахIун йикIана. Гьез абуна ясалъул рос цIехеялда (розыскалда) вугилан. Жийго яс гьаний йигищалиги гьикъулеб букIана. Гьезда лъаларогойищ букIараб гьей гьаний гьечIейлъи, гьезда лъалареб жо букIинищха. Дицаги абунаха я гьев, я яс дида йихьичIилан. Бугеб жо абуна».

МахIачхъаялда йигей Наида эбелгун телефоналдасан гурони кIалъалароан. Жийго Равзатги гьелда гIемер семулей йикIана – гьелъие рекIее гьечIо ясалъ хIижаб ретIун бугин бицараб хабар. Равзатица рикIунеб буго гьелъул яс теракталъе хIадур гьаюн ятилин. РоцIцIараб гIакълудалъ гьединаб иш Наидаца гьабизе букIинчIин абуна Равзатица.

Равзат Асиялова: «Жинцаго роцIцIараб гIакълугун гьелъ гьеб жо гьабилищха. ЦIодорав чияс гьабулеб жо гуроха гьагъаб жо. Щал гьелда нахъе ругелали дида киссан лъалеб. …Амма берцинаб жо ккечIоха. Дица зигара балеб бугилан хъвай нужоца. ГIезегIан квешаб жо ккун буго. Вореха гьаб дида бихьараб къо цогидал улбузда бихьизе хъван батугеги Алагьас».

Волгоградалда ккараб теракт сабаблъун щагьаралда диниялги миллиялги дандечIеял раккине бегьулин, рикIкIунеб буго. Гьединал лъугьа-бахъинал шагьаралда ккана гьал къоязда. 22 октябралда исламияб гIуцIи бугеб минаялде цояз «Молотовасул коктейлал» рехана. 24 октябралда Волгоградалъул цо мухъалда бугеб мажгиталда цIа ккезабизе хIалбихьана цогидаз.

XS
SM
MD
LG