МагъчIваялъе рес

Чармил сиязде сверарал церехъаби


МахIачхъалаялда рагьана I942 абилеб соналдаса 1948 абилеб соналде щвезегIан Дагъистаналда обкомалъул тIоцевесев секретарлъун вукIарав ГIазиз ГIалиевасе памятник.

Чармил сиязде сверарал церехъаби
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:45 0:00
Интернет-мухъ

Гьев вукIана Дагъистаналда Верховный Советалъул председателлъунги, Азербайджаналда сахлъицIуниялъул наркомлъунги гIемерал кIудиял ва жавабиял хъулухъазда хIалтIарав чи. БачIунеб буго суал, сунда бан ва щай исана гьесие памятник лъеялде бачIараб Дагъистаналъул нухмалъи?

Лъалеб букIахъе, ГIазиз ГIалиев ккола Азербайджаналъул президентлъун вукIарав ХIайдар ГIалиевасул вакьадги, жакъасев президент Илгьам ГIалиевасул кIудияв эменги. Памятник рагьаралъуб баркиялъул рагIигун кIалъазе вахъарав Рамазан ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон гьеб рагьиялъул инициатива бачIун буго Бакуялдаса, живго Илгьам ГIалиевасдаса.

Нижехъе щварал баяназда рекъон жибго памятникги, сверухъ ругел къватIал къачIайги, киналго харжал гьенир гьарун рагIула Азербайджаналъ. Гьеб лъеялъулъ батула цониги политикияб хIисабги.

Дагъистаналъул бетIерлъун вачIинелде цеве лъалеб хинлъи Бакуялъулгун букIун батичIони, вачIун хадув Илгьамгун гIагарлъараб гIадаб жо буго Рамазан ГIабдулатIиповасул. Гьелъул гIаламатаздаса цояблъун рикIкIине бегьула шагьар бакьулъ Илгьамил кIудияв инсуе памятник лъейги. Бугищха живго ГIазиз ГIалиевасул Дагъистаналъул халкъалда цебе хас гьабун гьесие памятник лъезе гIураб тIокIлъи?

Руго гIемерал мифал ва маргьаби гьес Дагъистан гочизабиялдаса цIунанин абурал. Гьеб суал дир хIисабалда гьесда гьикъулебцин букIун батуларо, гьикъаниги нужеда цеве тIамизе кIолищ Сталинил заманалда Москваялъул хIукмуялда данде чIезе кIолев обкомалъул секретарь, живгоги азербаджанав? Азербайджанал гурездаги кIолароан цо хIухьел бахъизе дол тIад рекъолареб пикруялда тIаса.

Памятниказда хурхун абуни, балагьараб мехалда власталъ гьел памятникал цохIо гьеб хъулухъалда рукIанин абураб гIаламаталде балагьун лъолеб гIадаб жо лъугьана. Кин хъулухъ гьабурабали абураб суал бачIунеб гьечIо цебе. Гьелъие нугIлъун буго Данияловасе, ГIумахановасе, Мирзабековасе лъурал памятникал. ХутIарал бутIрул Юсупов, МухIамадгIалигун вас ва МухIу чIаго руго жеги.

ЧIаго рукIаго лъолеб гIадат бахъун гьечIо. Лъеларищха гьезиеги хвараб мехалда. МахIачхъала цIезабизе буго памятниказ. ХIукуматалъул председателазе лъураб мехалда спикерал гьоркьор риччайги битIун букIинищха? Дир хIисабалда бищунго ритIухъаб къагIида букIинаан цохIо хъулухъазда рукIинги хIисабалде босун лъолеб жо гьеб памятник батани, хасаб бакI гьабуни шагьаралъул рагIалда сверун къараб, жанир киналго памятникалги лъун.

Жидерго рукIарал нухмалъулезда хадуб урхъараб халкъ росун тIугьдулгун инарищха гьелги, гьез нухмалъи гьабулеб букIараб лъикIаб заманги ракIалде щвезабизе? Гурони бакI гIезе гьечIо. Мирзабековасе памятник лъураб мехалда гьесдасаги цIикIкIун хъулухъ гьабурав Хизри ШихсагIидов гIадада чIелищха?

Досдасаги бечедал наслабиги, памятник лъезе ресги сурсатги бугев чи? Имранович ватIа гьави битIун букIинищ, МухIамадсаламил вукIарав премьер, Медведевасул рекIел гьудул? Гьесие хас гьабун цо борхатаб бакIалда лъезе ккела. Мухтар Меджидовгун ГIабдусамад ХIамидов батIаго гIарац гьечIел чагIийищ жидеего паятникал разе? ХIасил калам иш гьелде бачIунеб буго.

Памятник лъезе ккани кинабгIаги хасаб гьунар хIажат гьечIо, гьунарлъун лъугьун буго гьеб хъулухъалъул борхалъи боси. Пачалихалъул закон-къануналъ хас гьабун чIвараб гIурхъиги рагIуларо лъие гьеб памятник бегьулеб, лъие бегьулареб абураб. Дир хIисабалда щибаб гьеб хIукмуялда нахъа политикияб хIисаб буго.

Данияловасе памятник лъуна МухIу ГIалиев президент вугеб мехалда гьесул къватIалдаса рикIкIад гьечIеб Родопалъул бульваралда. МухIамадсалам ГIумахановасе лъуна дос гIумру гьабулеб букIараб рукъалда цебе паркалда унеб бакIалда. Гьениб аслияб роль батила Россиялъул вице-спикерлъун вугев гьесул вас Ильяс ГIумахановасул. ГIазиз ГIалиевасул щиб хIисабалъ баккарабалиги тIадехун бицана.

Араб соналъ хъуй бахъун букIана Дагъобкомалъул тIоцевесев секретарлъун вукIарав Нажмудин Самурскиясе памятник лъезе кколин республикаялъул бетIерас бахъараб хIукму сабаблъун. Гьелда тIаса гIемерал бахIсалги, хитIабалги, Самурскиясул репрессияз гъурарал дагъистаниязул бицарал макъалабиги рахъун рукIана "Миллат" газеталдаги.

ЖамгIияталъул бугеб реакция хIисабалде босун батила гьелъул хабар къотIана. Гьединаб хадур гъезе кIолареб ахIвал-хIал лъугьунеб буго Дагъистаналда памятниказулги, къватIазда лъурал ва лъолел ругел цIараздаги хурхун.

Советияб заманалда коммунизмаялъул бакъуда данде улка бачине гъеж гурарал ударникалги, революционералгун рагъул бахIарзалги хъазан - чараналде сверулел рукIун ратани, хадуб кинабго къосана. I990 абилезда гьел хисун криминал бачIана, жакъа щалха сиялде рахъунел ругел, кIудиял хъулухъазде ккарал чагIийищ?

Гьеб гIолищ кIодолъиялъе? Суалал... суалал...Гьединаб буго жакъасеб хIакъикъат. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG