МагъчIваялъе рес

Махил гъветIалде сверарай ясалде баллада


ИчIабилеб маялъул байрамалда хурхун щивав чиясул рукIуна жидерго ракIалдещвеял. Дирги буго цо гьединаб.

Махил гъветIалде сверарай ясалде баллада
please wait

No media source currently available

0:00 0:02:33 0:00
Интернет-мухъ

Дун ЛъаратIа райгазеталъул редакторлъун хIалтIулаго дир инсуца, Салдаса ИсмагIилица битIун бачIана бергьенлъиялъул къоялда хурхун газеталда бахъизе цо цIар лъаларев авторасул "Махил гъветIалде сверарай ясалъул баллада" абураб хъвай-хъвагIай.

Инсуда батун буго гIолохъанаб мехалда цо тIасан мужалатал тIутIураб журналалда цо чиясул ракIалдещвеял. Калугалъул ракьалда цо гьитIинабго росдал рагIалда ккола кор боркьараб рагъ.

Рагъда чIварав цо танкистги росдал рагIалда бугеб рохьил рацIцIалъиялда вукъун рагъухъаби тIад руссун фронталде. Бакъанил гIужалда ячIараб рахъ лъачIого цо гIолохъанай чIужугIаданалъ байбихьула гьесул хабада гIодизе.

ГIадамазда кIоларо гьей гIодой юссинайизеги, хабадаса нахъе ячинеги. Гьенийго тола. Хадуй тIагIула гьей чIужугIадан ва ихдал танкистасул хабал къаданиб бижун бачIуна берцинаб махил гъветI.

Сверухъ росабалъ хабар тIибитIула гьей чIужугIадан жиндир вокьулесе рагIаб гьабизе махил гъветIалде сверун йигин. Гьеб лъугьа-бахъиналде хъвараб кечI щун буго инсухъе. Мужалатал тIутIураб басрияб журналалда, автор хъвараб тIамач букIун гьечIо. Балагьараб мехалда кутакаб асар гьабун буго шигIруялъ ва инсуца гьеб буссинабун буго авар мацIалде.

Диегоги хIикматаб асар гьабуна гьелъ. Инсул мацI дие бичIчIизе бигьаяб букIиналъги батила рагIи къосичIого ракIалдаги чIана. Гьале гьеб танкистасде ва гьесул йокьулелде цIар лъаларев авторас хъвараб шигIру:

"Бидул лангал тIад лъураб,

КIикъоялда цойилалъ.

Гьав танкистлъун вукIана,

ВатIан цIунулеб цIадулъ.

ЦIар лъалареб цо гохIда,

Калугалъул ракьалда,

Гьасул гIумруялъул кун

ТIуна цIакъ гIолохъанго.

ЧIагоязулъ хутIарал,

Рагъулал гьудулзабаз ,

Эбелаб ракьалъухъе

Кьуна гьасул жаназа.

Къисас босилин абун,

Хабада гьаги гьабун

КIкIуйдулъе тIерхьарал гьел

ТIокIалъ нахъе руссинчIо.

Гьел цересан арабго

Танкистасул хабада

ГIолохъанай къоролалъ

ТIуна бухIараб магIу.

Хабар буго росабалъ,

Махил гъветIалде сверун

Гьей хабада эхетун

ХутIанин абадиялъ.

Рагъда росал камурал,

Киналго руччабазе.

Пашманаб къиса гIадин,

Къваридаб назму гIадин".

ХIикматаб асар, кIудияб мисал. КъохIехьеялъулги, бахIарчилъиялъулги, ритIухълъиялъулги, гIаданлъиялъулги, гIемераб жо жаниб бачун буго гьал мухъаз. Аллагьас наслабазда бихьизе хъван батугеги. Рагъ ва гьелда хурхарал ракIалдещвеял гурони цIидасан кьвагьиял такрарлъугеги. Харбалги лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG