МагъчIваялъе рес

Арменал Дагъистаналда


Дербент мухъалъул Нюгдиялда бугеб арменазул мунагьал гьечIев Григорисил гьатIан
Дербент мухъалъул Нюгдиялда бугеб арменазул мунагьал гьечIев Григорисил гьатIан

Шималияб Кавказалъул территориялда, хас гьабун Дагъистаналда ва Шималияб Осетиялда гIемерал гьечIониги цIунун хутIун руго арменазул тарихиял, кIвар бугел бакIал. Гьелги кколел руго 17-20 гIасрабазда ран рукIарал гьатIанал ай килисаби, хабал ва гIадамаз гIумру гьабулел цо-цо рукъзал. Гьедин лъазабулеб буго дагьаб цебегIан Шималияб Кавказалъул цо-цо республикабазде щварав Армениялъул Архитектура лъазабиялда сверун жамгIияб идараялъул нухмалъулев Самвел Карапетяница.

«БитIун бицани, Шималияб Кавказалда абизегIанасеб жо цIунун хутIун гьечIо, амма цIунун бугелъул кIвар цIакъ кIудияб буго»,- гьедин абун Самвел Карапетяница Дагъистаналде бухьун букIараб сапаралъул хIасил гьабулеб пресс-конференциялда. Гьесда жеги лъикIаблъун бихьулеб буго гьеб тарихиябгун-культурияб ирс цIуниялъул суал дагъистаналъул ва россиялъул нухмалъулелгун дандбазеги.

Карапетянил рагIабазда рекъон, Дагъистаналда арменазул тарихиябгун-культурияб ирсалъул цо бутIа лъикIаб хIалалда цIунун хутIун буго, цогияб абуни тIубанго реххун тун буго.

МахIачхъалаялда бугин 19билеб гIарсуялда бан букIараб мунагьал гьечIел Петргун Павелил гьатIан (Сурб Погос Петрос). Гьанжейин абуни гьениб бугин Дармил палата. Гьединго чIунтизе тун бугин Гъизляр мухъалда бугеб арменазул хабал, басриял хобал риххулел ругин, цIикIкIунисеб мехалда, цIиял гьенир рукъизелъунин абун буго экспертас.

МахIачхъалаялда ДахIадаевасул абулеб къватIалда цебе абулеб букIун буго Армянская къватIин. Гьеб къотIноб букIараб бицен гьабулеб гьатIанги цебегоялдаса Дармил палатаялде буссинабун бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе дагъистаналъул ГТРКялда хIалтIулев режиссер Арзуманов Кареница.

Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда гIумру гьабулеб буго арменазул анлъазаргогIан чияс. Республикаялдаса цоги миллаталъул халкъал, масала гIурусал ва жугьутIал, гьединго бакIалъул миллатазул гIадамал гIемерал нахъе гочун ратани, жидер миллаталъул чагIи гьениса гIемерал нахъе гочинчIин бицана Арзуманов Кареница Эркенлъи Радиоялъе.

Арзуманов Карен: «Дагъистаналъул щибаб абухъе шагьаралда МахIачхъалаялда, Гъизляралда, Дербенталда руго арменазул культуриял, диниял ва этникиял централ. Гъизляр мухъалда буго Кабадлы абулеб арменазул росу. Гьел центразда ракIарун дандрала культуриял, диналда, яги мацIалда хурхарал суалал. Дагъистаналъул халкъалгун ракълида берцинго гIумру гьабулел руго ниж. Кинал рукIаниги проблемаби нижер гьечIо, рукIинчIо ва рукIинарин хьулги буго».

Информалатазда гIемерал рукIана лъазабиял, хасго цересел соназда, Дагъистаналда гIурус миллаталъул чагIазде тIадецуй гьабулеб бугин, гьел хIалхьиялда толел гьечIин, нахъе гочиналде ккезарулел ругин. Арменазда сверун гьединал хIужаби халлъулел рукIанищ?

Арзуманов Карен: «Гьеб буго журналистаз хIалуцинабулеб суал. Гьеб гьереси буго. Телевизоралдасан бицунелъухъ гIенеккичIого, гьанире Дагъистаналде рачIа. Гьеб мехалда бихьула нужеда кинабго. Абизе бегьула карьера цебетIезабизе рес кьоларин яги гьелда релъараб цогидаб.

Гьеб буго киса-кибего букIунеб жо-Россиялда гIурусазги кьоларо рорчIулаго цоги миллаталъул чиясе гьединаб рес, Армениялда арменазги кьоларо, Дагъистаналдаги гьединго букIинарищха. Гьедин кидаго букIана букIинеги батила. ТIадецуй гьабулеб бугищин гьикъани, гьечIо гьелда релъараб жоцин. Цо арменазе гуребги дагъистаналда гIумру гьабулел ругел цоги кинаб букIаниги миллаталъе гьечIо кинаб букIанги тIадецуй гьабулеб. ГьечIо гьединаб жо».

Арменазул гьатIанал цIунун хутIун ругин Владикавказалда ва Моздокалда. Моздокалда цебе букIараб цIулал гьабураб лъабго гьатIаналъул гьанже цIунун хутIун бугеб цояб ГIурус Килисаялъ жидеего босун бугин, амма гьебго заманалда гьез цIунун бугин гьелъул архитектураги арменазул иконабигиян абулеб буго Армениялъул Архитектура лъазабиялда сверун жамгIияб идараялъул нухмалъулев Самвел Карапетяница.

Гьебго заманалда Дербенталда лъикI цIунун ругин гьатIаналги, хабалги, гIадамаз гIумру гьабулел рукъзалгиян рикIкIунеб буго гьес.
«Гьенир ругел хабал тIогьол ахалда релъуна»,-ян тIадеги жубан буго гьес пресс-конференциялда.

Карапетяница гьединго гьабун буго Дагъистаналда гIумру гьабулел арменазе жибго Армениялъул кинабгIаги асар гьечIин абураб хIасил. Гьелъие гIиллалъунги экспертасда бихьулеб буго республикаялда ругел гIемерисел арменазда жидерго мацI лъалеб гьечIолъи. КIиазаргогIан чияс гIумру гьабулеб Дербенталдацин гьечIин арменазул мацI малъулеб школаан лъазабулеб буго Карапетяница.

Телевидениялъул режиссер Арзумановас абулеб буго гьеб мацIалъул суал цебегоялдаса реххун тун букIаниги гьанже гьелде тIадруссунел ругин ва гIун бачIунеб гIелалда арменазул мацI малъизе хасал мактабалги рагьулел ругин.

Дербенталда бугин арменазул мунагьал гьечIев Григорисил абулеб гьатIан. Шагьаралдасаги цо бакI-бакIаздасаги гьенире зияраталъе ракIарулин арменал августалъул ахирисеб гьатIан къоялда ва гьеб тадбиралда Арменазул ХIаваригуназул ГьатIаналдаса вакилзабиги гIахьаллъулин ва гьеб киналъго Дагъистаналда аременазул жамгIиятги гъункизабулин бицана нахъеги режиссер Арзумановас.

Арменал цоцалъ гьуинлъиялъул магIна кколарин жал дагъистаналъул миллатаздаса рикIкIалъулел ругин абураб.
Советияб заманалъулал гIаммал байрамал цадахъ кIодо гьарулел рукIанин, гьанже диниял хаслъаби лъикIго загьирлъулеб мехалдаги жидеца хIаракат бахъулин дагъистаниялгун рекъон цоцазул байрамазул адаб гьабизейин бицана нахъеги Арзуманов Кареница.

Арзуманов Карен: «Узухъда, нижеца кIодо гьабула КIалбиччанкъоги цоги байрамалги. Босула гьеб къоялъ бикьизе жоги рагьула нуцIбиги, гьалбалги ахIула, хIадурлъиги гьабула. Нижер байрамал гуреб мехалда дица абиларо нижер мадугьалзабаз гьел кIодо гьарулин, амма нижер байрамалъул адаб гьабун баркула».

Дагъистаниялгун нуж журалел ругищан гьикъидал Кареница бицана гIолилазул цоцахъ рокьи ккараб мехалда дин гьоркьобе лъугьунеб бугин ва советияб заманалде дандеккун гьанже гьединал ригьинал дагьлъулел ругин. Кин бугониги Дагъистан жидее ватIанлъун бугин ва батIияб халкълъун жидеца жалго рикIкIунарин абуна Арзуманов Кареница.
XS
SM
MD
LG