МагъчIваялъе рес

ЛъагIалида жаниб лъабабилев диванчи чIвана


Диванчи МухIамад-Мухтар Шапиев чIвараб бакI
Диванчи МухIамад-Мухтар Шапиев чIвараб бакI

25 сентябралъул къаси МахIачхъалаялда чIван вуго диванчи МухIамад-Мухтар Шапиев ва гьесул вас. Къуваталъул идарабаз гьеб такъсир гьабиялъе гIиллалъун чIварасул пиша рикIкIунеб буго.

Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул диванчи МухIамад–Мухтар Шапиевасде ва гьесул вас Камилиде тIадекIанцIи гьабуна арбагI къоялъул сардилъ, МахIачхъалаялъул ХIайдарил цIаралда бугеб къотIноб бугеб, жидерго рукъалда цебе.

Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон щалали лъаларел кIиго чи аскIорегIанги рачIун инсудаги васасдаги речIчIун тIурун ун руго. Лъукъарал эменги васги азарханаялде рачун хадуб гьенир хун руго.

Дагъистаналъул цIех-рехчагIазул баяназда рекъон Шапиевал чIвараб бакIалда батун буго Стечкинил тункIил гулбузул 40 ниги гильза.

Хасал идарабазул вакилзабаз МухIамад-Мухтар Шапиев чIваялъе аслияб гIиллалъун гьесул хIалтIи букIанин рикIкIунеб буго.

Расул Темирбеков: «ЦIех-рехалъул идарабаз гьеб такъсир гьабиялъе аслияб гIиллалъун бихьизабулеб буго Шапиевасул хIалтIи.

Гьеб сордоялъ инсуда цадахъ вукIиналъ чIван вугин диванчиясул вас Камиль Шапиевгийилан рикIкIунеб буго хасал идарабазул хIалтIухъабаз.

ГьабсагIат гьеб ишалъул цIех-рех унеб буго, жеги такъсир гьабиялъул щаклъи бугев чиги гьечIо. Нижехъе щварал баяназда рекъон цебехун диванчиясе хIинкъабиги кьолел рукIун гьечIо.

Диванчиясде тIаде кIанцIи гьабиялда хурхун Россиялъул такъсиралъухъ тамихI бихьизабиялъул кодексалъул чанго бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъу ишги рагьун буго» - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идарааялъул вакил Расул Темирбековас.

50 сон барав МухIамад-Мухтар Шапиев 2011 соналъ гурони ТIадегIанаб диванханаялде хIалтIизе лъугьун вукIун гьечIо. Такъсир гьабиялъул ишазулги халгьабулеб букIун гьечIо гьес.

Цониги экстремистазул ишги букIун гьечIо гьесухъ. Аслияб къагIидаялъ гражданиял ишал хасго руъ-бакIалда тIасан ругел къецазда хурхарал ишал рукIун руго гьесухъ.

Диванчилъун хIалтIизе вачIинегIан гьев Дагъистаналъул прокуратураялда хIалтIулев вукIун вуго гьев.

Гьеб заманалда диваназда такъсиргьабиялъул ишазул халгьабиязда гIайибал гIунтIизабулевлъунги цеве вахъунев вукIун вуго Шапиев. Диванчилъун тIамилалда цеве Сергохъала мухъалъул прокурорасул хъулухъалдаги бан буго гьес кIиго сон.

Гьесда цадахъ хIалтIулез «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон гьев гIахьаллъарав цого-цо ракIалда чIараб ишлъун букIун буго 1998 соналъу 4 сентябралъ МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасде тIадекIанцIи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулев вукIарав МухIамад Мухтаровасул иш.

Гьелъухъ хал гьабулаго гIайиб гIунтIизабулевлъун вукIун вуго гьев чIварав диванчи.

27 сон барав гьесул вас Камиль Шапиевги юристлъун цIалун вахъун вукIун вуго дагьав цевегIан.

Адвокат Сапият МухIамадовалъул пикруялда рекъон диванчагIи чIваялъе асияб гIиллалъун буго гьезул хIалтIи, хас гьабун гьез ритIухъал хIукмаби къотIунгунтIи.
Сапият МухIамадова: «Кинабха гIилла букIинеб гьев чIваялъе. Гьесги ритIухълъи цIунулеб букIун батилароха.

ГIемерисел гьел диванчагIазулгун дагIба бала гьез гIарацги босун, ритIухълъи цIунун гуреб жидеего бокьухъе, диван гьабулин абун. Гьеб хIехьезе кIвечIез рецIел босичIогоги толаро.

Хас гьабун Шапиевасул ишазда хурхун щибго абизе кIоларо дида, амма диванчилъиялда бан чIван ватилин гьевин абураб пикру буго дир.

Гьесул гIайибгIунтIизабиялъул хIалтIул бицани гьез щиб гьабилеб, гьел руго ДАгъистаналъул прокуратураялъ абураб жо гьабулел чагIи. .

Исана соналда жаниб чIварал диванчагIазул лъабабилелъун ккана МухIамад-
Мухтар Шапиев.

2013 соналъул 15 январалда МахIачхъалаялда жиндирго рукъалда цеве чIвана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъул диванчи МухIамад МухIамадов, гьединго 9 марталда Избербашалда чIвана федералияв диванчи АхIмад Раджабов.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон гьел такъсиразул цохIонигияб жеги рагьун гьечIо.
XS
SM
MD
LG