МагъчIваялъе рес

Светлана Анохина: "Журналистал декораторал гуро"


Дагъистан - МахIачхъала. Аслияб майдан. 26Июл2012
Дагъистан - МахIачхъала. Аслияб майдан. 26Июл2012

Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница буюри кьуна республикаялъул имиджалда тIад ургъун, хасал сайтал рагьизе. Дагьалъ цебе Дагъистаналъул бетIер МухIаммадсалам МухIаммадовасги журналистазде абулеб букIана Дагъистан лъикIаб рахъалдасан бихьизабизе гIаммал гьабеян.

Щибха кколеб улкаялъул, ялъуни республикаялъул берцинаб имидж абулеб жо? Бугищ гьелда хурхараб пайдаяб хIалбихьи ва лъица гьединаб имиджалда тIад хIалтIи гьабизе кколеб?

«Интернеталда Чечня абулеб рагIи хъванани хъващтIан ратилаан рагъул темаялъул сураталги гьезда хурхарал тексталги. Республикаялъул кIудиял икъбалалийн информационияб гIатIилъи тун къватIирехун хутIула. Гьелдалъун инвесторазул ва туристазул мекъаб бербалагьи баккула», – ян абулеб буго Чачанлъиялъул бетIерас.

Гьес тIоцебесеб гIайиб гIунтIизабулеб буго республикаялъул министерлъабазул ва мухъазул администрациязул сайтал рачузенде гъозул хIалтIи мукъсанаблъун бихьун.

Дагьалъ цебе гьадинабго каламгун цеве вахъана Дагъистаналъул бетIер МухIаммадсалам МухIаммадовги. БакIалъулал журналистазда гьес гьарана зулмуялъул ва чIвадариялъул хIакъалъулъ хъвазе гIедегIуге ян абун. Берцинаб имидж республикаялъе къваригIунеб бугин гьенир инвестицияби цIазелъун.

Республикаялъул имидж гIуцIи – гьеб журналистазул хIалтIи гурин, гьеб бугин тIоцебесеб иргаялда пачалихъиял хъулухъчагIазул ишилан абулеб буго журналист Анохина Светланаца.

Светлана Анохина, журналист
Светлана Анохина, журналист
Анохина Светлана: «БитIараб абуни гІалáмалъана дун! Журналистазул жамагIатилан абизе бакIги гьечIо, щай гурелъул Дагъистаналда журналистал цолъун гьечIелъул. Ниж рикьун руго ва батIи-батIиял къукъаби цоцаде данде чIун руго. Амма жидерго хасал пикраби ругел ва пачалихъияб прессаялда хIалтIуларел гIадамал гІажаиблъизаруна МухIаммаддовас бараб ахIиялъ. "Бидул лангал инаризеищ нилъ тIамулел?" – абураб суал кьолаан гьез цоцазе.

Журналистаз гьабизе кколеб хIалтIи гурин гьеб дида ккола. Журналистазул налъи - унго-унгояб ахIвал-хIал бихьизаби. БатIияб ищ буго пачалихъиял хъулухъазда тIад. У, берцинаб имидж гIуцIи - гьеб буго гьезул интерес. Амма чIобогояб бакIалда потемкинскиясулилан абулел росаби рай пайда гьечIеб иш буго, щай гурелъул гьединаб гьереси хехго тIатинабула гIадамаз. Гьелдалъун божилъиги камула квершел кодосезда, пачалихъиял хуъулхъчагIазда».

Амма добго Грозныялда балагьани абизе бегьула республикаялъул тIадтаразул жигарчилъи гьениб лъикIалан бихьулилан. ЧIахIи-чIахIиял цIирарал рукъзал, ахал, аквопаркал, стадионал... Гьединаб берцинлъиялъе гIоло миллион-миллион гъурущ биччалеб буго Россиялъул федералияб бюджеталдаса.

ТIад балагьани гьединаб берцинаб шагьаралда гIумру гьабизе ккола бечедал гIадамал. Амма буго гьеб берцинлъиялъул гIаксаб рахъги, ян абулеб буго Эркенлъи радиоялъе жидерго цIарал абизе бокьичIел бакIалъулал гIадамаз. Ва гьединаб ахIвал-хIал буго Чачанлъиялда гуребги – Дагъистаналдаги Шималияб Кавказалъул цогидал республикабаздаги.

Абизе бегьула мискинлъиялда хутIулеб халъкалъул тIалаб-агъаз гьабуларел ва жидерго аслияб борч кIочон толел хIакимзабаз гьелдалъун жидерго гIамал-кIодолъи бихьизабулеб буго ян абулеб буго гIадатиял гIадамаз. Дагъистаналъул журналист Анохина Светланаца абулеб буго гьединаб жигарчилъи релъараб бугин жаназа берцинабиялдаилан.

Анохина Светлана: «Гьеб дир борч гуро, дир коллегабазулги борч гуро гьеб. Дида кIоларо берцинаб имидж гьабизе, гьечIо дирги, дир гьалмагъзабазулги гьадинаб рес. Журналистазда цебе батIияб масъала буго. Ниж декораторал гуро. Жаназаялда пудра бахин - гьеб нижер иш гуро».

Анохина Светланал рагIабазда журналистазда цебе баккулеб буго кIвар цIикIкIараб цогидаб масъала – инсанасул ихтиярал цIуни. Аммаила, тIаде жубалеб буго гьелъ – гьебги журналистазда тIадаб бугеб иш гурин. Жидеца гьединаб хIалтIи гьабулеб бугин гIадатиял гIадамазул гIариязухъ гIинтIамун, гьезие кIванагIан кIудияб кумек гьаби мурадалда.

Анохина Светлана: «Нижер хIалтIи батIияб буго. Амма инсаниятлъиялъул борчлъун гьеб бугелъул нижеца гьеб батIайисеб ишги гьабулеб буго. Цоясе кумек гьабурал нижехъе цогидал рачIунел руго хадур. Ва нижеца гьездаго цадахъ гIаммал гьабулеб буго гьезул масъалаби тIуразаризе. Мисалалъе журналист ХIасанова Зарема гIадин жанисел ишазул бутIаялъул кIалтIа игIлангун кодоб эхутун чIун.

Гьелъ жиндирго журналистикияб статусалдаса пайдаги босун тIалаб гьабулеб букIана гIайиб гьечIел гIадамал эркенлъуде риччай. ПалхIасил гьединаб хIаракат бахъулев гIицIго журналист гуро, гьев инсанасул ихтиярал цIунулев хIаракатчилъун вахъула гьелдалъун. Гьадинал лъугьа-бахъинал рихьула киса- кирего. Кьалда тIад паракъатIго чIезе кIоларо нижеда».
XS
SM
MD
LG