МагъчIваялъе рес

Лъалеб лъалареб Анжи


Анжиялъул рахъ кколел
Анжиялъул рахъ кколел

МахIачхъалаялъул футболалъул «Анжи» клубалъул бетIерав тренер Гус Хиддинк гьеб хъулухъалдаса нахъе ине вукIиналъул хабар бачIана гьал къоязда къватIибе. Информалатаз тIибитIизабураб баяналда рекъон гьелъие гIиллалъун букIине бегьула ахирисел хIаязда «Анжиялъ» лъикIаб хIасил бихьизе гьабичIолъи.

Гьединго гьал къоязда Краснодаралда тIобитIараб «Анжиялъул» хIаялъухъ балагьизе арал Дагъистаналдаса футбол бокьулезде тIаде кIанцIи гьабун буго Краснодаралъул командаялъул рахъкколез. Гъоркьехун кьолеб буго гьеб хIужаялда тIасан «Эркенлъиялъ» гьабураб аналитикияб цIех-рех.

Официалияб куцалъ МахIачхъалаялъул командаялъул бетIерав тренер хъулухъалдаса нахъе ине вукIиналъул баян жеги лъицаниги тасдикъ гьабичIо, жибго цо-цо спортивиял иформ алатаз тIибитIизабуна гьеб хабар гьал къоязда. Мисалалъе Lifesports.ru абураб интернет сайталъ хъвалеб буго Хиддинкида аскIосел чагIазухъа щвараб информация бугин Европаялъул чIахIиял турниразул хIаязда цебесеб кьерде борчIизе кIвечIони Анжиялда гьес Дагъистаналъул клубалъулгун къл-лъикI гьабизе бегьулилан.


ЦIияб арена "Анжи"
ЦIияб арена "Анжи"
Абизе ккола хIакъикъаталдаги исанасеб футбалалъул цIияб сезон «Анжиялъ» лъикI байбихьичIилан. ТIадежоялъе Лига Европы абураб турниралда Мордовиялъул командаялъухъаги къун гьеб махIрумлъана гьеб турниралъул хадусел хIаязда гIахьалъиялдаса. Гьелад щвезегIан цо течIого нухалъ бергьенлъиги босун гьеб къеялъе магIна бичIчIуларого рукIана гIемерисел футбол бокьулел. Исанасеб сезоналда «Анжиялъ» тIобитIараб кIиго хIаялъул цонигиялъуб бергьенлъи босизе кIвечIо гьелда. Гьезул цояб гьатIан къоялъ Краснодар шагьаралда Кубань абураб командагун дандчIваялда «Анжи» къуна дандиязул кавабахъе цониги торгIоги кьабизе кIвечIого

Ахирисел дандчIваязда Анжиялъ бихьизабураб хIай бугин хIакъикъаталдаги футболалъул команда хIисабалда гьелъул бугеб даражаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалялда гIумру гьабун вугев ГъазимухIамадов Абубакар. Гьев ккола МахIачхъалаялъул комндаялъул рахъккун цебе бахъунеб «Акула Каспия» абураб цIияб фанклубалъул хIаракатчи:

ГъазимухIамадов Абубакар: «Самараялъулги Мордовиялъулги командаби рукIана Анжиялда дандечIварал бищун загIипал комндабазул цоялъун.. Англиялъул «Ливерпуль» гIадал чIахIи-чIахIиял командабазухъацин бергьине кIвараб мехалъ, чанго моцIалъ хIухьбахъи гьабун хадуб тIатIалаго къеялъул магIана бичIчIуларо дида. Гьедин букIине рес гьечIо. Чанго соналъул чIунхутIиялдаса хадуб хIачIого гIемераб заман бугони гьеб батIияб рагIи буго, амма дагьабго заман гурони гьоркьоб инчIого гьединаб инжитаб хIасилгун къезе ккани гьеб бичIчулареб жо буго дидаги цогидаздаги».

Абубакарица хадубги тIаде жубана араб соналъ Анжиялъ рихьизарурал лъикIал хIасилалги унго-унголъунги команда лъикI хIалеб букIиналъул хIасил кколарин, Керимовасул гIарцуца квербакъун рагIулин гьелъие, дагьабги бичIчIуледухъ абуни дандиязул комндаялъул нухмалъулелги рекъезарун бичун босун щвараб рагIулин Анжиялъе чанго хIаялда бергьенлъи. Гьеб информация Абубакарихъе щун буго МахIачхъалаялъул клубалъул нухмалъиялда гьоркьов вугев цIакъго божарав чиясухъа:

ГъазимухIамадов Абубакар: «ХIисаб гьабеха клубалда жаниб кинабго лъикI букIарабани цогидал клубаз гIадин гьезги кьелаангури информация прессаялъе, амма цониги журналистасда кIолеб гьечIо гьезухъа кинаб букIаниги баян щвезе. Гьеб киналъго бицунеб буго клубалда жаниб гIемераб чороклъи букIин. Цоги босилин командаялда хIалел ругел гIолохъабазул суал.

ЛъикIав, цеветIурав футболист вуго ХIажибегов ГIали абурав вас. Тренировкабазда Хиддинкицаги веццулев вуго гьев. Амма хIаялъул заманалда абуни гьев кидаго «нахъа рокъов» хутIулев вуго. Абизе бегьула клубалда гьечIин цониги хIалев дагъистанияв, къватIиса рачIарал футболистаз цIун буго. Живго Хидинккилги кверал рухьун ругин абизе бегьула. Гьес живго лъугьун тIуралел суалал гьенир гIемерал гьечIеллъи бихьулеб буго. Къойидаса къойиде ракIбуссунеб буго дир клубалдаса».

Цинадго рагьараб гьеб кинабго хIакъикъаталъ клубалдехун букIараб хинаб асар лъугIун бугин жиндилъилан мукIурлъана Абубакар «Эркенлъи» радиоялъе. Жив цевеккун киданиги ракI –ракIалъ футбалалъул рахъккун цевевахъунев чи вукинчIин, жибго гIагараб комнадаги букIун ахирал соназда гъира бижун бачйанин жиндир «Анжиялъул» киналаго хIаязда гIахьалъизе, амма гьалдаса хадуб гьединаб гъира тIокIаб букIинилан кколарин жинда.

Абубакарица абухъего «Анжиялда» хурхараб кинаб букIаниги суалалда тIасан пресс-хъулухъалъулгун бухьен гьабун жиндеца кинабниги инфомация къватIибе кьоларилан нахъачIвана гьез чанго нухалъ

ГьатIан къоялъ Краснодаралда тIобитIараб «Анжиялъул» хIаялъухъ балагьизе арал МахIачхъалаядаса фанатазде тIадекIанцIи гьабун бугилан абураб баян кьуна инфор.малатаз итни къоялъ. Дагъистаналъул анкьго чиясде тIаде руссун руго Краснодаралдаса 70 чи. Гьелъул хIасилалда цо чи лъукъун азарханаялда вегизавун вуго.

Фантазулгун хIалтIи гьабиялъул рахъалъ «Анжиялъул» вакил КъебедхIажиев Загьидица информ алатазе бицухъе гьезда цебеккунго лъалеб букIун буго араб соналда кIиябго командаялъул фанатазда гьоркьор ккун рукIарал рагъулал тунка-гIусиязухъ рецIел босизе краснодаралъуал хIадурлъулел ругеллъи. Гьаб нухалъги рагъулал тунка гIусиял ккечIого рукIинелъун низам цIунулез тадбирал гьарун рукIаниги гьелъул хIасил ккун гьечIо.

Гьеб киналдаго тIасан мухIканаб цIх-рех гьабизе фанклублъаул чагIигун гара-чIари гьабизе щвечIо «Эркенлъи радиоялъе, гьезул гIемерисел жеги Дагъистаналде нахъурссун гьечIилан бицан нижеда. ТIаде кIанцIи гьабуразул 12 чи низам цIунулез ккун вугиланги буго хабар. «Дикая Дивизиялъул» нухмалъулев Гъазиев Рамазаница лъазабуна гьеб кинабго кIвар кьечIого тезе гьечIин фанклубалъилан. МахIачхъалаялде нухъруссун хадуб гьеб хIужаялда тIасан данделъи тIобитIизе ракIалда буго гьесда.

XS
SM
MD
LG