МагъчIваялъе рес

Амировасда гIунтIизабулеб буго теракт хIадуриялъул гIайиб


СагIид Амиров, Москваялъул диваналда,14Июн2013
СагIид Амиров, Москваялъул диваналда,14Июн2013

МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировасда, Гъизляр шагьаралъул прокурорасул кумекчилъун вукIарав ГIабдулхIалимовасда ва Каспийск шагьаралъул бетIер хисулевлъун вукIарав Жапаровасда буго теракт хIадурулеб букIиналъул щаклъи. Гьедин лъазабуна талат къоялда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ. Гьебго къоялъ чIухь бана МахIачхъалаялда Амировасул васул рокъобги.

МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев СагIид Амировасда тIад гьабулеб уголовияб хIалтIуда хурхун гьарулел цIех-рехалъул тадбирал халат рахъана талат къоялъ чанго бакIалда чIухь баялдалъун. Гьезул хIасилалда Лаваша мухъалда батана щивалиго хIакимчи чIвазе хIадурараб ракетаян лъазабулеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул вакил Владимир Маркиница. Амма щив гьев хIакимчи мухIкан гьабулеб гьечIо. Гьединго ратана ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан ХIажибегов Арсен чIваялъулъ С. Амировасул гIахьаллъи букIиналъе нугIлъи гьабулел алатал.

Гьединабго чIухь бана МахIачхъалаялда Саид Амировасул вас, Дагъистаналъул парламенталъул депутат Амиров МухIамадил рокъобги. Гьенисан нахъе росун руго компьютерал ва цоги алатал. Цо-цо информалатазул баяназда рекъон, Амиров МухIамадидаги терракт гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. 2006 соналъ Москваялда Шереметьево аэропорталда Пачалихъияб Думаялъул депутат МахIачев ХIажи чIвазе къасд гьабун букIун буго гьесул буюрухъалдалъун. Гьелъие мукIурлъун вуго доб мехалъго ккурав М. Амировасул гIагарав чи МухIамад ХIажиев абун лъазабулеб буго «Известия» газеталъ.
ГьабсагIаталда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ цIияб уголовияб хIалтIи гьабун буго Саид Амировасда, МухIамад ГIабдулхIалимовасда ва Юсуп Джапаровасда тIад. Гьезда гIунтIизарулел руго теракт гьабизе хIадурлъиялъул ва изну гьечIого ярагъ тIибитIизабиялъул гIайибал.
XS
SM
MD
LG