МагъчIваялъе рес

Мехтулиялъул ханлъи ва АхIмадхан


Жеги 1485 абилеб соналдаго хундерил ГIандуникI нуцалица жиндирго васигаталда хъвалеб буго Авар ханлъиялъул Шималиябгун-бакъбаккул рахъалда бугеб ракьул автономияб статусалъул хIакъалъулъ. Хадуб гьеб ракьалда Мехтулиялъул ханлъи абураб цIар кьуна.

Жибго «Мехтула» абураб цIар бачIана тюрк мацIалдаса, «Магьтиулу» - Магьдилаб абураб магIнаялда. МагIарулаз гьеб бакIалда ГIурдалъ абулаан. ХVII абилеб гIасруялъул цо гIурусазул документазда рехсолеб буго жидеда тIаде кIанцIарал магIарулазда гъорлъ «магдеевцы» рукIанин. Гьеб лъугьа-бахъин букIана 1648 абилеб соналъ. Мехтулиялъул цо бутIа букIана авар мацI бицунеб, цогидаз бицунаан лъарагI мацI.

Мехтула – гьеб буго гьанжесеб Лаваша, Бунахъск, Гъарабудахкент ва Хьаргаби районазул ракьалде кколеб букIараб гIуцIи. МагIарухъ гьезде гъорлъе унаан ГIаймаки ва Хьаргаби росаби. Мехтулиялъул князазул риидалил хIухь бахъулеб бакIлъун букIана гьанжесеб Лаваша районалъул УхIлиб росу, бакIалъул гIадамаз доб заманалда Тах-росуян цIар кьураб. Ханзабазул росу абураб магIнаялда.
Мехтулиялъул ханзаби эркенго кIалъалан авар ва лъарагI мацIазда. Гьениб гIажаиблъи гьабизе жоги гьечIо, гьес ханлъи гьабулел халкъазул мацI букIана гьеб кIиябго. Ракь гьеб букIана аваразул. Гьенир тIадехун рехсарал гурел жеги росаби рукIана:ТIаса Жунгут, Дурангъи, ХIапши, ХъахIабросу, КъолецIма, ХахитIа, ЧугIли, ва Урма. Гъоркьияб рахъ букIана лъарагIазул: Гъоркь Жунгут, Доргъели, Къкъашура ва Параул.

Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола ХIV – ХV гIасрабазда гьел ракьал Каспи ралъдада тункизегIан аваразул нуцалзабазул кверщаликь рукIана. Гьеб букIана аслияб нух унеб ракь, Аварисатаналъул ва Каспиялъул гIодоблъиялдехун бухьен гьабулеб ракь.

АнцIила ичIабилеб гIасруялъул байбихьуда Мехтулиялъул ханлъиялда гъорлъе унаан 13 росу – 9 магIарулги, 4 – лъарагIазулги. ГIурус пачалихъалъул Дагъистаналде кверщел щвезегIан лъарагIазул Магьди Шамхаласул кверщаликь рукIана Таргъу, Альбурикент, Кяхулай, Агъачаул, Атыбуюн, Шамхал, Янгъиюрт, Хъумторхъала, Хъапчугъай, Гелли, Къадар, Бойнак, Гъарабудагъкент ва Губден росаби, гьединго Сулахъалъул ва Каспиялъул рагIал ккун гочарулел ногъаялги.

Жинца живго «Дагъистаналъул валилъун» рикIкIунев вукIарав феодаласул кверщаликь ругел росабазул букIана гIицIго 4842 цIараки. Таргъуялъул шамхалал щулалъана 1818 абилеб соналъ Ермолов вачIиналъ ва Мехтулиялъул ханлъиги лъугIизабун. Ермоловасул хъвай-хъвагIаязда рекъон мехтулиялъулазда цадахъго лъугIизарун буго Бамматулиялъул бегзабазул кверщелги (Гирейбегил ва вацазул) ва гьезда гъоркь рукIарал Гъоркьа Хъазанищ,Буглен ва Муслимаул,Темирхан – Шура ва Халимбекаул росаби кьун руго Таргъуялъул шамхаласухъе. Гьединго Ермоловасул амруялдалъун Таргъуялъул шамхаласухъе кьуна Таса Хъазанище ва Кафыр–Кумух росабиги. Мехтулиялъул ханлъиялда жаниб букIана лъабго аваразул росу я ханзабазе, я чIункIбузе кинабгIаги магъало кьолареб –КъолецIма (239 цIараки) УхIли (222) ва ГIаймаки (126). Лаваши росуги унаан анцIила микьабилеб гIасруялъул ахиралда Мехтулиялъул ханлъиялда жанибе. Гьеб заманалда Мехтулиялдаса нахъеги ун Хьиндалазул эркенаб жамагIаталде гъорлъе ана Хьаргаби росу.

Мехтулиялъул ханзабазул кьалбал

Темирхан-Шураялъул гIадамазул биценазда рекъон гьаб сагаIталда бугеб Лаваша районалъул севералъул рахъалде вачIун вуго Магьди абун цIарги бугев ресалда вугев гъазигъумекисев. Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго анцIила анкьабилеб гIасруялъул бащалъуда. Хадуб Хъарамагьди абун цIар рагIарав гьев гъумекисев вачIунев вуго тарихалде Мехтулиялъул бицунаго. 1485 абилеб соналъ ГIандуникI нуцалас хъвараб васигаталда гьеб регин батIаго бихьизабун букIана Жунгутдерил церехъаби кверщаликье Росиялъул мурадалда. Гьезул бакIалда нахъа рачIун руго Шамхалзабазул тухумалъул чагIи ва нуцалзабаз билун буго Аваристаналде бачIунеб аслияб нухлуда тIад кверщел.

Гьелъие далиллъун бачунеб буго анцIила ичIабилеб гIасруялда тIибитIараб, хадуб рехсараб бицен. «Гъумекдерил ханзабазул хъизамалда Магьди абурав, хадуб Хъарамагьди абун тIокIцIар щварав чи нахъе ун вуго Гъумекиса ва гIумру гьабулеб букIун буго батIи-батIиял росабалъ, хадуб Мехтулиялъул ханлъи абун цIар щварал росабалъ вукIун вуго. Хадуб гьеб ракьалъул гIадамазда бихьун буго Хъарамагьдида жал данде рачизеги, къватIиса тушманасдаса цIунизеги кIолеб бугеблъи. ТIоцеве жидее нухмалъи гьабизе гьев ахIун вуго гIаймакисез ва ухIлисез, хадур хутIарал II росдацаги. Хъарамагьдица дагьабго заманалда босун буго рагъул цевехъанасул ва нухмалъулесул хIалтIи тIаде».

Хъарамагьди гъумекдерил ханзабазул наслуялъул чи вукIанин тIибитIараб пикруялда хурхун тарихчи Расул МухIамадовас лъолеб буго суал: «Хъарамагьди Шамхалалгун цадахъ гъумекдерил ханас жиндир азбаралдаса хъамун вукIун ватани щай гьев аварзухъе арав, гьесул наслу лъарагIаздаса аваразде гIагараб бугеб. Гьединлъидал гьечIо кинабгIаги кьучI гьев гъумекдерида вухьизавизе, гьес нухмалъи гьабулеб ракьги цIакъго некIсияб заманалдаса нахъе аваразул ханлъиялда гъоркь букIана. ГIадада букIараб жо гуро Мехтулиялъул ханзабазул гIагарлъи авразул нуцалазабазул рукъалдехун. 1801 абилеб соналъ кIудияв нуцал ГIумахан хун хадуб гьесул бихьиназул наслу лъугIана ва нуцаллъи гьабизе ахIана Мехтулиялъул ханасул вас СултIанахIмадхан».

ГIадада гуро 1485 абилеб соналъ хъвараб ГIандуникIил васияталда Мехтулиялъул ракь авразул ханзабазулин хъван букIараб. 1610 абилеб соналъ гIурус пачалихъалда гъорлъе арав Мехтулиялъул хан Магьдида абун бугеб документазда аваразул князь абун.

БакIалъул автораз анцIила ичIабилеб гIасруялда хъвалеб букIана: «АхIмадхан кIиабилесул вас Магьди ункъабилев вуго некIсиял аваразул ханзабазул наслуялъул чи, гъумекисев гуро»- ян. ХIасан АльКъадари абурав лезгиязул гIалимасги тасдикъ гьабулеб буго гьеб пикру «Жунгуталдаса Магьдибег АхIмадханил вас вукIана авразул ханзабазул наслуялдаса» - ян.

Гьаб сагIаталда хутIарал Мехтулиялъул ханзабазул дагьалго наслабазда гIицIго гIурусгун лъарагI мацI гурони лъачIониги жалго гьез рикIкIуна авараллъун. Гьел руго Мурзабековал (чIункIбузул наслу Мехтулиялдаса ХIасанил) ва Зайналовал (Зайнал-чIанкIал наслу, ХХ абилеб гIасруялъул байбихьуда ТIаса Жунгут гIумру гьабун рукIарал). Бицуна гьезул умумул гIицIго лъарагIалъ гурел эркенго авар мацIалдаги кIалъалел рукIанин. Гьениб гIадатлъун билъараб кIиго мацIлъаялъе ахир Советияб власталъул тIокIлъилъун рикIкIунеб буго гIадамаз.

АхIмадхан – Мехтулиялъул ханлъиялъе кьучI лъурав чи

1610 абилеб соналъул гIурусазул воеводасул хъвайхъвагIаязулъ буго «уварский Мехтей – князь» абун хъван. Аваразул ханзабазул цIаразда гъорлъ Ибрагьим ва Магьди абураб цIар дандчIвалеб гьечIо, гьелъ лъазеги кIолеб гьечIо гьезул авразул ханзабазулгун бугеб гIагарлъиги. Магьди вукIине рес буго нуцалзабазул цогидаб рахъалъ унеб гIагарлъиялъул чилъунги, Ибрагьимил вас Шванхал нуцалил наслу. Лъалеб жо буго Мехтулиялъул ханзабазул фамилия кинавалиго Магьдидаса байбихьулеб букIин, гьев ХVII гIасруялъул байбихьуда вукIана ГIаймаки. Гьесул вас АхIмадхан лъугьана тIуварав ва камилав Мехтулиялъул ханлъун. Ахмадхан тIоцеве документазул рехсон вуго 1637 абилеб соналъ. 1638-40 абилел соназда гIурусаз хъвавухъе «махдеевской владелец Ахматкан» тIаде кIанцIула казаказул росабалъе Терекалде. Гьесул гьужумазул гIемер хъван буго, гьелъул хIасилалда гIурусаз кIвараб жо гьабуна Терекалъул ва Сулахъалъул жанирлъабазда лъикIал ракьал казаказухъе ккезаризе. Гьелъ регионалда гIурусазул асар цIикIкIана.

ГIурусаз хIал бихьулеб букIана Ахмадханилгун дипломатиялъул нухда ракълилаб хIалтIи гьабизе, битIахъе гьужум,экспедиция гьабун гьев квегъизе гIураб къуват доб заманалда Терекалъул казаказул букIинчIо. ТIаде жоялъе гьезда кIочон букIинчIо 1605 абилеб соналъ гьанжесеб МахIачхъалаялъул северияб рахъалда аваразулги, лъарагIазулги, цадахъ гIахъушиселгун букIараб аскаралъ гIемерал гIурусал гъурараб машгьураб лъугьа-бахъин. 1649 абилеб соналъ Терекалъул воеводаз «Ахматхан Магдеев» асухъе ритIана вакилзаби Россиялъул пачалихъалъул къайимлъиялде вачIаян.

1648 абилеб соналъул гIурусазул архивазда Мехтулиялдаса АхIмадханил хIакъалъулъ хъван буго: «блиско Терского города живет началной владелец Ахматкан мурза Магдеев, от Ондревы деревни и до Грузинские земли все одного, а живет о себе» - живго жиндагоян абураб магIнаялда. Гьесул кверщаликь бугеб ракьин рехсолеб буго «от Ондреевы деревни и до Грузинские земли» - ян. Гьеб батула анцIила анкьабилеб гIасруялъул бащалъуда Мехтулиялъул ханасул ракьал Сулахъалъул кваранаб рахъалдаса Гуржиязул гIорхъоде щолел рукIанин абураб жо. АхIмадханил заманалда цебе тIуна мактабаздалъун лъайкьей. Гьесул заманалда гIуцIун букIана Мехтулиялъул къадизабазул институт. Гьесул заманалдаса хадув машьурлъана УхIлиялдаса Лабазанил МухIамад абурав къади. Гьелъул хIакъалъулъ хъван буго ГIахъушиса Аминатла МухIамадил хъвай-хъвагIаязулъ.

АхIмадханил гIагарлъи ва наслу

Ахирисеб нухалда АхIмадхан ракIалде щвезавулев вуго 1659 абилеб соналда Жунгутдерил кIудяв хIисабалда, Магьдил вас АхIмадхан абун гIурусазул хъвай-хъвагIаязулъ: «кумыцкого жигутейского владельца крым-шевкала Махтеева сына Ахматхана-мурзы. После Ахмадхана I перешла власть в Мехтуле к его сыну Махди, который дал подписку России (1659 г.) и получил царское «жалование». Этот Махди II скончался в 1704/705 г».

Балагьараб мехалда АхIмадханил вацги вукIун вуго Аманулабег абурав «вручено царское жалование Ахматканову брату Аманалы бату мурзе». 1659 абилеб соналъул документазда цIакъ кIудияб наслуги тун буго гьес.
Живго АхIмадханилги нижехъе щварал баяназда вукIун вуго щуго вас.

ТIоцевесев рехсон вуго Заузан абураб цIаралда «взяли воеводы у Ахмадхана в оманаты сына ево прямова Заузана-мурзу». Хадув Заузан 1676 – 78 абилел соназдаги Таргъуялда аманатлъун вукIанин хъвалеб буго. 1690-91 абилел соназда Терекалда аскIов къавудаялъ (чума) хванин Заузан абун хъвалеб буго.

Гьев Заузанил вукIун вуго кIиго вас – Арслан (гьевги 1691 соналъ Терекалда аскIов хварав) ва Султанмурад. Гьев Султанмурадица инсуегун вацасе гIурусаз кьолеб букIараб гIарац жиндие теян хитIаб гьабунин хъвалеб буго. Магьди ва Мирзабег абун цIар бугел АхIмадханасул лъимал рехсон руго гIурусаз мухьги кьун жидер къайимлъиялде рачараллъун. Гьаниб абичIого гIоларо Миразабегил вас Хасбулатиеги колеб букIана гIурусаз харж. Гьединго документазулъ рехсон вуго АхIмадханил вас СултIанахIмад, гьес къотIи хъван букIана Къакъашураялъул гIадамазгун ( гьеб цIунун буго ХIапшимаса М.АхIмадовасухъ). ВукIана АхIмадханил МухIамад абурав васги, гьесул зонода хъван буго: «хвана 1074/1664-64 соналъ АхIмадхан аль Джунгутиясул вас МухIамад» абун.
XS
SM
MD
LG