МагъчIваялъе рес

Афгъанистан 40-гIан соналъ цебе

Профессионалияв гурев фотограф Уильям Подличил суратазда Кабул бихьизабун буго гьанжесеб Кабулалдаса гIемерго батIияб шагьарлъун. Гьеб букIана рацIцIад ретIа-къарал гIадамал ругеб хъудулеб тахшагьар. Гьениб бихьулеб буго гIемерал гIадамазда магърибалъул ретIел ретIун букIинги, руго доб заманаялда рекъарал автомашинабиги, гIурччинал ахалги. Гьениб бакIалъул ва къватIиса рачIарал руччабазда кIолеб букIана, хIинкъигьечIого ва эркенго шагьаралда тира-сверизе. Аризонаялъул Университеталъул профессор Подлич 1967 соналда вачIун вукIана Афгъанистаналде ЮНЕСКОялъул программаялъул гIурхъабалъ Кабулалда студентазе дарсал кьезе. Гьес цадахъ рачун рукIана лъади Маргаретги Пег ва Ян абун цIарал лъурал жиндирго ясалги. Афгъанистаналда гьес рахъулел рукIана нус-нус суратал. Полич хвана 2008 соналда. Гьесие букIана 92 сон. «Доб заманаялда инсуца рахъарал суратазухъ балагьараб мехалда дида бичIчIуна Афгъанистан аза-азар соназул тарихги культураги бугеб улка букIин»,-ян абун буго Пег Подличица «Денвер Пост» газетаялъе. Гьеб газетаялъ байбихьун буго 40 сон цебе букIараб Афгъанистаналъул Подличица рахъарал суратал жиндирго гьумеразда кьезе. Пэгил рос Клейтон Эстерсоница тIаде босун буго гьел суратал цIуниялъул ва гьел гIемерал гIадамазда рихьизариялъул суал. Денвер Посталъе гьес абун буго гIемерал афгъаназ хъвалел ругин жидехъе гьел суратал къватIире кьуралъухъ баркаладул кагътал, гьединлъидал гьел суратал цIигьариялъул хIалтIи дагьабги кIвар кIудияблъун бихьулеб бугин жиндайин. (ТIоцересел суратал къватIире кьун рукIана 2013 соналъул 4 февралалда)

Профессионалияв гурев фотограф Уильям Подличил суратазда Кабул бихьизабун буго гьанжесеб Кабулалдаса гIемерго батIияб шагьарлъун. Гьеб букIана рацIцIад ретIа-къарал гIадамал ругеб хъудулеб тахшагьар. Гьениб бихьулеб буго гIемерал гIадамазда магърибалъул ретIел ретIун букIинги, руго доб заманаялда рекъарал автомашинабиги, гIурччинал ахалги. Гьениб бакIалъул ва къватIиса рачIарал руччабазда кIолеб букIана, хIинкъигьечIого ва эркенго шагьаралда тира-сверизе.

Аризонаялъул Университеталъул профессор Подлич 1967 соналда вачIун вукIана Афгъанистаналде ЮНЕСКОялъул программаялъул гIурхъабалъ
Кабулалда студентазе дарсал кьезе.
Гьес цадахъ рачун рукIана лъади Маргаретги Пег ва Джэн абун цIарал лъурал жиндирго ясалги.
Афгъанистаналда гьес рахъулел рукIана нус-нус суратал.
Полич хвана 2008 соналда. Гьесие букIана 92 сон.
«Доб заманаялда инсуца рахъарал суратазухъ балагьараб мехалда дида бичIчIуна Афгъанистан аза-азар соназул тарихги культураги бугеб улка букIин»,-ян абун буго Пег Подличица «Денвер Пост» газетаялъе. Гьеб газетаялъ байбихьун буго 40 сон цебе букIараб Афгъанистаналъул Подличица рахъарал суратал жиндирго гьумеразда кьезе.

Пэгил рос Клейтон Эстерсоница тIаде босун буго гьел суратал цIуниялъул ва гьел гIемерал гIадамазда рихьизариялъул суал. Денвер Посталъе гьес абун буго гIемерал афгъаназ хъвалел ругин жидехъе гьел суратал къватIире кьуралъухъ баркаладул кагътал, гьединлъидал гьел суратал цIигьариялъул хIалтIи дагьабги кIвар кIудияблъун бихьулеб бугин жиндайин.

(ТIоцересел суратал къватIире кьун рукIана 2013 соналъул 4 февралалда)

Цойги

XS
SM
MD
LG