МагъчIваялъе рес

«Диналъул вацал чIвазе ритIулел руго диналда гьечIев тушманас...»


Ахираб 14 соналда жаниб диниял церехъабазул кинавниги 38 чи чIван вуго Дагъистаналда.

«Регнум» агентлъиялъ кьураб баяналда рекъон аслияб къагIидаялъ гьел ккола тIарикъаталъул нухда рукIарал бусурбаби. 1998 соналъ августалда МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда цеве чIван вукIана Дагъистаналъул муфтий Сайид-МухIамад хIажи Абубакаров. Гьеб бакIалда гьесда аскIор къадаралде щвана гьединго СайидмухIамадил вац АхIмад-ХIажиги, автомобиль бачунев вукIарав ГIумархIажиев ХIайдарги.

Гьеб вахIшияб такъсир гьабуралдаса 10-саги цIикIкIун сон аниги гьеб гьабурал чагIи жегиги ратун гьечIо. Гьелдаса нахъе жакъа къоялде швезегIан чIварал диниял церехъабазда гъорлъ рукIана республикаялда киса-кирего лъалел машгьурал гIалимзабиги, гьединго росабазул мажгиталъул имамзабиги. Ахирисеб, киназего кIудияб асар гьабураб вахIшияб такъсир ккана тIарикъаталъул устар ЧIикIаса СагIид-афанди чIвайги.

КигIан гIемер исламалъул тушбабаца чIвалел ругониги, цохIо гIалимчияс гьабураб вагIзаялде гьезул бидулаб пиша бахунарилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Шамил мухъалъул Гъогъолъ росдал мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажияс. Жакъа нилъ киналго ругьунлъун ругин къилба бугеб рахъ лъаниги гьев чиясда диналъул вацилан абизе, амма гьес гьарулел цогидал пишабазде кIварцин кьоларин/

МухIамад-Расул-хIажи: «КагIба бугеб бакI лъалев щинав чи нилъее диналъул вац вукIуна. Амма гъол диналъул вацалги батIи-батIиял рукIуна. Цояв нилъеего питнаялъе, нилъго чIваялъе сабабалъе ватулев вуго. Тушманас жиндего бокьадухъе хIалтIизаризе гьесда кодоре кколел руго сахал гIолилал. Дуца битIараб иш гьабулеб бугиланги абун къилба цояв жиндирго диналъул вац чIвазе витIулев вуго гьев, къилбаялдехун мугъ рехарав, диналдацин гьечIев тушманас. Гьеле гьеб бакI бичIчIизе къваригIун буго жакъа нилъее».

ТIарикъаталъул церехъабиго гIадин ахираб заманалда цIикIкIунел руго салафиязул церехъаби чIваялъулги хIужаби. Гьедин октябралъул 30-б къоялъ Дербенталда рогьалил какде вачIунаго чIвана шагьаралъул мажгитазул цоялъул имам Ибрагьимов Калимуллагь. Гьединго гьеб бакIалда гьесда цадахъ къадаралде щвана гьесул эменги вацги. Информациялъул алатаз кьураб баяналда абулеб букIана чIварас нухмалъи гьабулеб букIанин салафиязул мажгиталъе абун. Цогидаб баяналда абулеб букIана гьев мажгиталъул имам вукIинчIин, цогидалго гIадин мажгиталде вачIунев гIадатияв бусурбанчилъун вукIанилан.

Гьединго 2009 соналъ чIвана Россиялда цохIо вугилан абулев шаригIаталъул гIелмабазул доктор МухIамадов МуртазагIали. Доб мехалъ абулеб букIана гьев салафиязул рахъ кколев чи вукIанилан. Амма «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал цогидал баяназада абуни бицунеб букIана МуртазагIалица жиндирго вагIзаялда гIолилал гьукъулел рукIанин рохьоре иналдаса.

ЦIумада мухъалдаса гIалимчи ГъазимухIамадов Шагьрурамазаница «Эркенлъи» радиоялъулгун гара-чIвариялда абуна живго вихьун лъалев чи жинда МуртазагIали вукIинчIин, амма гьев лъалел гIадамаз бицунелда рекъон щибниги исламалда дандекколареб жо гьабулев чи гьев вукIанилан абизе кIоларилан.
Жакъа Дагъистаналда салафиязулги суфиязулги рахъалъ гIемерлъулел ругел чIвай-хъвеязда тIасан гьадинаб пикру загьир гьабуна Шагьрурамазаница.

ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Жакъа чанго батIиял чагIи руго республикаялда, руго полициялъулал, руго цоял москваялъул къайимлъиялда гъоркь ругел, руго гьанир ругезул жавабчилъиялда ругел. Гьедин цоцадаго лъаларел гIадамал гIемерал ругелъул, битIараб бицани лъаларо лъиде бугъилеб гьаб чIвай-хъвеялиги. Киналго Дагъистаналъул гIалимзабиги гьелда данде чIезе ккола. Гьаниб рагъ кканиги гьеб ахирги ракълида тIубачIого рес букIунаро. Питнаялде иш бачIине хIажалъиги гьечIелъул лъиениги. Муфтиясги, МахIачхъалаялъул аслияв имам МухIамадРасулицаги гьелде цIикIкIун кIвар кьураб кIудияб хIалтIиги гьабуна. Аллагь разилъаги киназдасаго, лъикIабщиналъе тавпикъги кьеги, квешалдаса цIунаги киналго».

Салафияздаги суфияздаги гьоркьор ракълилал къотIи-къаял гьариялъул мурадалда исана апрелалъул ахиралда МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда тIобитIараб данделъиялдаса хадуб гIемерисезул хьул букIана гьелъ цо лъикIаб хIасил кьелилан. Амма августалъул ахиралда тIарикъаталъул устар ЧIикIаса СагIид-Афанди чIван хадуб абулеб букIана гьанже гьеб диалаголъул хIаракатчиялъиялъе ахир лъунилан. Цо-цо политологаз, мисалалъе исламияб цIех рехалъул рахъалъ эксперт Руслан Гереевас рикIкIунеб буго гьелъ жиндирго хIалтIи цIигьабизе бугилан. Жакъасеб хIакъикъат батIияб буго.
XS
SM
MD
LG