МагъчIваялъе рес

Данияловасул сунареб цlа


МахIачхъалаяда бугеб ГIабдурахIман Данияловасул статуя
МахIачхъалаяда бугеб ГIабдурахIман Данияловасул статуя

Гьал къоязда Дагъистаналъул ГIелмияб централда тIобитIана советияб заманалда Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 105 сон тIубаялда хурхараб конференция. Маг1арулаз к1одо гьавуниги, лезгиязул ракIхвей буго гьесда.

ГIабдурахIман Данияловасул хIакъалъулъ тарихчагIаз бицунеб букIана чIамучIго, тIахьазул мацIалда.

ГIицIго ГIабдулатIип ХIажиевас (советияб заманалда вукIарав Дагъистаналъул культураялъул министр) чIаголъизабуна «гъапуллъулеб» букIараб мажлис. Масала, ракIалде щвезабуна чачаназда цадахъ Гьоркьохъеб Азиялде ритIулел рукIарал дагъистаниял Даниялов сабаблъун хвасарлъараллъи. Гьединго Данияловасул ясалъул яс Ума АхIмадовалъ бицунеб бугоан машгьурав кIудадаца лъимерлъуда жиндие гьабураб асаралъул, гIумрудул ахиралда чIвараб хвалил унтуда данде гьев кин къеркьолев вукIаравали.

ГIабдулгъафар АхIмадов абурав чиясги асар гьабуна. Гьев ккола «Дагъистан-Азербайжан» г1уц1иялъул нухмалъулев. ГIолохъанлъуда Ахти мухъалъе нухмалъи гьабизе витIун вуго гьев Данияловас. Гьанжесеб Догъузпара мухъги букIана доб мехалда гьелда гъорлъ. Жив гьевгун дандчIванин батIи-батIияб заманалда. Гьединлъидал жинда бихьулеб букIанила гьев гIицIго жиндир бажариялдалъунги лъаялдалъунги цевехун арав чи вукIин.

ГIабдулгъафар АхIмадов: «Дида ГIабдурахIман Данияловасул кабинеталъур рихьулаан тIад хIур ккарал папкаби. Гьеб мехалда гьев хIадурулев вукIана имам Шамилил цIар ритIухъ гьабизе. Гьелда тIад живго хIалтIулаан Даниялов».

Чачаналъулги Дагъистаналъулги имам 1950 соналда официалияб куцалда «турказулги ингилисазулги жасуслъун» лъазавун вукIана.

ГIабдулгъафар АхIмадов: Гьанже цо Данияловасул бихьинчилъи бихьизабулеб мисалги бачинин. Гьеб букIана 1937 сон. Дагъистаналъул нухмалъулев Нажмудин Самурскиясе вас гьавун вукIана. Дагъистаналъул нухмалъиялда кIиабилеб бак1алда вук1арав Сорокинги цогидалги ана гьесда гьев баркизе. Нахъруссун рачIунелъул, Сорокиница Данияловасда абула росдал магIишаталъул суалаз Москваялде айин мун гьаб цо папкаги босун… Москваялдаса вуссиндал, Самурскийги, Далгатги, Мамедбековги туснахъ гьарун ратула. Гьезул рахъалъ рагIи абизе жив Дагъистаналда хутIичIолъиялдаса рекIекълъун вукIана Даниялов. БитIун гьеб мехалда Сорокиница кьолеб букIун буго Данияловасе Дагъистаналъул совнаркомалъул нухмалъулесул хъулухъ. Амма жаназабазда тIасан галиги бегьун эхеде вахине ракIалда гьечIин жиндаян, гьелдаса инкар гьабун буго Данияловас. Хасго доб мехалда цIакъго бихьинаб хIукмулъун рикIкIунаан гьеб».

ГIабдулгъафар АхIмадовас рак1алде щвезабуна Сорокин хъулухъалдаса нахъе инегIан, 1939 сон ахиралде щвезегIан щибаб данделъиялда какулаанин Данияловас репрессиял. Гьелъие нугIлъи гьабулин архивазда ругел хъвай-хъвагIаязги. Гьебмехалда, 1937 соналда Данияловасул букIана 29 сон.

ГIабдулгъафар АхIмадовас рехсана цойги мисалги. 50 соналъ цебе Бакуялда кIодо гьабулеб букIана Дагъистан Россиялде гъорлъе бачун 150 сон т1убай. Гьениб Азербайжаналъе Ленинил Орден кьолеб букIана совет х1укуматалъул вук1арав Хрущевас.

Гьениб банкеталда улкаялъул нухмалъиялдаса цояс Данияловасда гьадин абунин рак1алде щвезабулеб буго Ах1мадовас.

ГIабдулгъафар АхIмадов: «Гьединаб орден некIого кьезе ккола Дагъистаналъеги. ГIабдурахIман, цо кинаб букIаниги хIужаялда бухьинабун кьела гьеб, ургъе гьелда тIад». Гьес досие жаваб кьола: «Шамиль киве дица рехилев?». «Дуца гьев «Шамиль» цодагьаб заманаялъ гъансинив тIаме», - ян гIакълу кьола дос. «Дица киданиги гьабизе гьечIо гьеб жо. Щайгурелъул Шамиль ккола Дагъистаналъулго чIухIи», - ян абула ГIабдурахIман Данияловас. Гьебин абуни букIана цоясда хадур цогидасул бутIрул къотIулеб, секретарал хисулеб замана».

Данияловасул бицунаго ГIабдулгъафар АхIмадовас жив лезги миллаталъул чи вукIин бичIчIизабулеб букIана. Щайгурелъул бищун гIемер лезгиязул бугелъул Данияловасдаса разилъи гьечIолъи. МагIарулалги цолъизарун, гьес жал табасараназде, цIахуразде, рутулазде рикьанин абула гьез.

Гьединлъидал ГIабдулгъафар АхIмадовас бачана лезгияздехун Данияловасул букIараб бербалагьи бихьизабулеб мисал. 1952 соналда Азербайжаналъул цевехъан Багировасул хIаракатчилъиялда рекъон, Азербайжаналъухъе кьуна цере лезгиязухъ рукIарал мучIузул 78 азарго гектар. Багировасул анищ букIана Азербайжан Дагъистангун цолъизабизе. Гьел ракьазул суалалъ Даниялов гIемер хъвадарана Москваялде, гьес гьарулеб букIана гьел ракьал дагьалъ заманаялъгIаги Дагъистаналда хадур хутIизареян. Амма Москваялъ инкар гьабуна Багировасул хIукму хисизабизе. Прессаялдаги гIемер бицана гьелъул.

Конференциялъул хIасил гьабуна Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул нухмалъулев Хизри ГIамирхановас: «ГIицIго ГIабдурахIман Даниялов ракIалде щвезавун, гьесул хIурмат гьаби гуребги, гьаб мажлисалъул магIна буго нилъеца нахъа тараб нухлул хIисаб гьабиялъул магIнаги. Гьелъ квербакъизе буго нилъее заман бичIчIизе. Амма Данияловас лезгиял рикь-рикьизарунин, Самурскияс магIарулал гъуранилан цоцазулгун дагIбаялда заман тIамулел ругони, нилъ гIисинлъула, цого бакI мерхьунел хутIула. Гьединлъидал гьеб суал жибго тезе ккола. Гурин, теларин лъугьунел гIадамалги гIакълу-лъаялъул рахъалъ мукъсанал, зарал бугел чагIи ккола. Жиндир даражаялда рекъараб гурони суал борхуларо чияс. Гьединлъидал, рачIа гьединал суалазухъ дагьалъ гIатIидго балагьизе».

XS
SM
MD
LG