МагъчIваялъе рес

Биххун унеб рокъоса цIияб школалде


Цlияблак росу, 11Фев2014
Цlияблак росу, 11Фев2014

Цlияблак, Шушия, Дучи ва цойгидалги гочинарурал тумазул росабалъа гIадамаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб ЦIияблак росулъ бараб гIадаб жеги чанги школаги хIажат бугин гьеб мухъалда, ва чанги гьелда релълъарал школал разе биччараб гIарацги бикъанин хIакимзабазилан. Гьел гIадамаз гьединго кIудияб гIайиб гIунтIизабулеб буго бакIалъул нухмалъулезде ва Дагъистаналъул тIалъиялде, щайгурелъул жидер суалал тIуралел гьечIин гьел хIакимзабазилан рикIкIунеб буго гьез.

Гочинарурал тумазул бищун кIудияб захIмалъилъун буго хIукуматалъ гьезие ран лъугIизарун, къачIан кьезе кколел рукIарал рукъзал цIакъ квешаб хIалалда ран рукIин, яги разего рачIого хутIи. Ран лъугIаразулги гIемерисел цIакъ хашаб къагIидаялъ, жаниб гIадамаз гIумру гьабун бажаруларедухъ руго , чангиял риххун унел хIалалдацин руго. Гьел рукъзабахъ гIемерисеб бакIалда къадал кьватI-кьватIун руго, гIодоб тIибитIараб хъарщи турун, далун буго, кьучIчIалгицин риххулел хIалалъ руго гIемерисел рукъзал.

Гьединлъидал гIадамаз тIалаб гьабулеб буго жидее гьел рукъзал рукIине кколедухъ ран кьейин яги ругел къачIазе гIарац кьейилан. Жидер росабалъ спортивиял залал райин, гIолохъабазе хIухьбахъи гьабизе, гьел руссине бакIал райин, нухал къачIаянги тIалаб гьабулеб буго гочинарураз. Хасавюрталда аскIоса МахIачхъалаялде аскIоре гочинарурал ЦIияблак мухъалъул 9 росдал цонигиялъуб рагIа-ракьанде щун хъил гIодобе тIураб нух гьечIо, цого-цо хъил тIураб алияб къотIнобги гьеб тIу-тIун, бакI-бакIалъал бек-бекун, биххун ине буго. ХутIарал нухал руго хIарщун цIурал, санагIалъи бахъарал.

Церехун рехсарал росабазул гIадамазул цойги кIудияб захIмалъи буго рокъо-рокъобе лъим бачине рес гьечIолъиялъ, бачаразулги гьеб риидал тIагIунеб буго, щай гурелъул гьеб бакIалда аскIоб ралъдал рагIалда ругел хIухьбахъи гьабулел бакIазде кьабулеб буго гIемерисеб, тумазул росабалъе бачIине кколеб букIараб лъим. Жидерго росабалъа МахIачхъалаяде хьвадулеб транспорт гьечIолъиялъги кIудияб санагIалъи гьечIолъи бугин жидеейилан абулеб буго гьел чагIаз.

Киназулго рокъобе бачун букIаниги газ гьелъ гIураб къагIидаялъ хинлъизарулел гьечIо рукъзал. Амма гьеб къоялъ Рамазан ГIабдулатIиповасда ва Игорь Слюняевасда гочинарурал тумазул проблемабазул ва гьезул къварилъабазул гIадамасги бицинчIо, гьезул рукIа-рахъинги бихьизабичIо. БакIалъул гIадамаз абулеб букIана кигIан лъикIила гьаб къо гьадинаб гIазу биунеб, нухда цIакъ гIемераб хIарщ бугеб къо букIин, тIалъиялдаса щиб бахчизе кIваниги гьел хIарщун нухалгIаги рахчизе кIвеларила жидер мухъалъул хIакимзабаздайилан.

XS
SM
MD
LG