МагъчIваялъе рес

Кавказалъул гIолохъабазул байрам МахIачхъалаялда


Кавказалъул гIолохъабазул байрам МахIачхъалаялда
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:50 0:00

"Кавказ - единая семья" абураб гIолохъабазул музыкалияб фестиваль байбихьана МахIачхъалаялда 29 апрелалда. Тадбир байбихьулеб мехалда Шималияб Кавказалъул батIи-батIиял республикабаздаса рачIарал гIолохъабазул къокъаби тахшагьаралъул аслияб майданалдаса ГIурус театралде щвезегIан ана музыкалияб маршгун. Лъабго къоялъ фестивалалъул гIахьалчагIаз жидерго махщел бихьизабизе буго Дагъистаналъул тахшагьаралда гуребги, гьелъул сверухълъиялдаги Дербенталдаги. МахIачхъалаялда тIобитIараб музыкалияб маршалда хадуб хал ккун йикIана нижер мухбир МахIмудова ПатIимат.

XS
SM
MD
LG