МагъчIваялъе рес

Сириялда чIвана цояв вас, Россиялда туснахъ гьавуна кIиабилевги


2 марталда Дагъистаналъул Дербент мухъалда лъазабуна терроралда дандечIараб низам. Гьенир ралагьулел рукIана изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал, гьединго щаклъи ккарал чагIазул яргъилгун кванил, дарабазул нахърателал.

Интернет-мухъ

Гьеб мухъалдехун кIвар цIикIкIараб буго гьабсагIаталда. Щайин абуни кIиго анкьалъ цебе гьеб мухъалда, Джемикенталъул посталда, теракт гьабун букIана. Гьелъул жавабчилъи тIаде босун букIана Россиялда террористияблъун рикIкIунеб ДАГIШ гIуцIиялъ.

Гьеб гIуцIиялде гIезегIан чагIи ун руго рагъизе Дербент мухъалдаса.

Масала, гьениса чияс цересан гIадамал чIвалеб бахъараб видео буго интернеталда. Дагьалъ чIун чIвана гьев живгоги. ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьесул эбелалъ гьарана жиндир цIар балъго гьабеян. Щайин абуни, жиндир жеги кIиго вас вугин рокъов. Низам цIунулезул рахъалдасан гьезие хIинкъи букIине бегьулилан.

Амма гьезул цоясда гьанжеялдего дандчIвана гьеб. Масала, гьабсагIаталда Ростов мухъалда университеталда цIалулев вугев гьев, ярагъги рехун, туснахъ гьавун вугин бицана гьесул эбелалъ. Гьал къоязда гьабизе ккола гьесие диван.

Гьевги дов Сириялда чIваравги – кIиялго Ростовалда рукIун руго эбел-инсуца рукъзалги росун. Гьенийго лъадиги ячун, Египеталде арав кIудияв вас Сириялда вукIин жинда телевидениялдасан бихьизабураб роликалдасан лъанин бицана гьезул эбелалъ.

ПалхIасил, гьединан бицун букIун буго гьелъ гIурус мацIалъ интернеталдасан баянал тIиритIизарулеб цо пуланаб сурсаталъе. Амма кIала-гъоркье чIвазабун жинца бицараб кинабго жогун кьун бугин къватIибе гьезилан, ЭР-ялъулгунгицин гара-чIари гьабизе инкар гьабуна гьей гIаданалъ гIезегIан мехалъ.

Хадуб гьадин байбихьана гьелъ.

Эбел: «Сириялда чIварав дир вас гьанив, Дагъистаналда, хъвай-хъвагIай гьабун вукIинчIелдаса 12-ниги сон ана. Дозин абуни бицана лъадиги ячун, лъимерги гьабун гьев гьанив вукIанилан. Гьес ячарай лъадул гьумергицин берцинан цебе чIезабизе кIолароан дида, телевидениялдасан цо видеоролик бихьизегIан.

Россиялдаса ячарай гIурусай йикIана гьес гьей. ТIубараб дунялалда рагIун рицунел гьерсалищ рукIунел? Дунги цо кIвар гьечIей, щиб гьабунги дирго вас вацIцIуней гIаданлъун йихьизаюлей йиго. Дунин абуни гIезегIан ракIунтун йиго дир васасул къисмат гьединан ккунилан.

Дица хIаракат бахъана васасе тIадегIанаб лъай щвезе. Дзюдоялъулъги лъикIал хIасилал рукIана гьесул. Дида лъаларо, лъихъги гIенеккун, лъица асарги гьабун гьев Сириялде ккаравали. Гьедин цо кутакалда диналдехун цIайиги гьесул букIинчIо.

Лъадигун цадахъ Египеталда рукIана гьел байбихьуда. Амма гьенисан щай гьел Сириялде ккаралали дида бичIчIуларо. Нижер вас рагъда вукIин цо видеороликалдасан лъана нижеда. Гьеб мехалда бакIарун гIагарлъиялъухъа гIарацгун хъата-масан Сириялдаса нахъе вачинелъун, гьесда хадуй доегицин ун йикIана дун. Гьеб мехалъ кIиго моцIалъ Туркиялда туснахъги гьаюн, нахъе йитIана дун».

ДАГIШалде рагъизе унел дагъистаниял аслияб куцалда Дербент мухъалдаса кколин абураб пикру буго республикаялда. Гьелъие гIиллалъун гIемерисез рехсола дин гьабизе гьукъараб советияб заманалда гьениб ислам кIочон тун букIин.

Гьелда дандеккун, Дагъистаналъул Шималияб рахъалъул цо-цо росабалъ дин балъго гьабунги рехун толеб букIинчIо. Гьелда тIадеги гьадинаб гIиллаги рехсолеб буго islamdag.ru сайталъул нухмалъулев ГIабдулхIамид ХIажиевас.

ГIабдулхIамид ХIажиев: «Гьеб мухъалъул жамагIатазул гIайибги буго гIолохъаби Сириялде иналъулъ. Щайин абуни, бусурбабазул идараялъ доре имамзабилъун ритIулел чагIазда дандечIей гьабизе лъугьуна гьел, къваригIун гьечIин жидее гьелилан. Гьанжени цо талихIалъ МагьдихIажи ГIабидов тIамун вуго гьенив имамлъун. Гьес гIемер хIалтIи гьабулеб буго гьениб дин тIибитIизабиялъе - данделъаби тIоритIун, гIадамалгун дандчIван».

Сириялда хIукуматалъул аскаразда данде багъулеб гIуцIиялъул байрахъалъул сурат интернеталда (жиндирго «гьумералда») лъунилан гьал къоязда диван гьабизе буго Москваялда цIалулей Дагъистаналдаса ПатIимат ХIажиевалъе.

XS
SM
MD
LG