МагъчIваялъе рес

Сирия: сунца ритIухъ гьабулеб лъимадул магIу?

Сириялда щуго соналъ халат бахъунеб рагъул хIасилалда хун вуго 260 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Гьезда гьоркьоб лъимер чан букIарабали лъицаго рикIкIун гьечIо. Рагъалъ рукъ биххарал лъимал хутIулел руго къватIахъ, улбул чIаго хутIарал лъутулел руго батIи-батIиял улкабазде. Улбул цадахъ гьечIого Европаялъул улкабазде щвараб аза-азар лъимер киб бугебали лъалеб гьечIин абураб статистика къватIибе загьир гьабун букIана Европаялъул цо-цо улкабазул миграциониял хъулухъаз. Гьел рилун ругин абулеб гьечIо гьез. Гьел гIараз, лъалел-кIолез яги ракьцояз цадахъ рачун ратизеги бегьулин, амма Европаялъул гIурхъи баханин регистрация гьабурал гьел кир ругелали жидеда гьабсагIат лъаларин абулеб буго. Ракъиги, квачги, хIинкъиги бихьизе кколищ лъимада? Сунца ритIухъ гьабулеб жакъа Сириялъул лъималазда бихьулеб бугеб къо?

Цойги

XS
SM
MD
LG