МагъчIваялъе рес

Казакги  идараги гьезда тIаса бахIсалги


ГIемераб хъуй гьабуна гьатIан къоялъ РГВК каналалъул студиялда тележурналист Алексей Казакица динияб идараялде гьабураб хитIабалъ. Гьениб Казкица динияб идараялде хитIаб гьабулеб буго нужер гIураб ресги сурсаталги ругин больницаби разе кумек гьабеян.

Социалиял сетазда гьеб тема сабаблъун лъабиде бикьанин халкъин абизе бегьула. ТIоцересез Казакида рагъ лъазабуна гьеб хитIабалъухъ, ай тIад ран лъугьана Лёшадаса идара цIунизе. Гьединаб хъулухъ хIажат бугониги гьечIониги лъугьана гьезего гьечIев тушманасадаса дин цIунизе. КIиабилезе Казакица абураб жоялъул ургъелго гьечIо идараялде гъегъ базе щваралдаса. Гьезда гъорлъ руго батIи-батIиял гIадамал - диниял оппонентаздаса рахъарал атеистазде ва косомполитазде гIунтIун.

Гьел руго санагIат ккараб щинаб бакIалда "Дагъистан Исламалдаса хвасар гьабе, гьаб свесткияб республика буго" - ян чIичIидулеб агьлу. Гьел дагьал чагIи руго, дагьал ругониги социалиял сетазда цIакъ мадар гьабула гьез нилъер динги, гIадаталги, рукIа-рахъинги сурун бихьизабизе. Гьезул пикруялда гьеб буго "цебетIей ва цивилизация". Лъабабилел рукIана Казакил хитIабалъулъ щибниги квешаб жо бихьичIел гIадамал.

Гьединаздаса вуго гьал мухъал хъвалев дунгоги. Казак журналист хIисабалда дие вокьуларо, бокьуларо гьесул вагъа-вакари ва хьвагIулел кверал, малълъариги, жиндир жиндихъго рокьи ккараб вагъа-вакариги. Амма гьадаб идараялде больницаби разе квербакъи гьабе абураб хитIаб идараялъул рахъ кколезда гуро квеш бихьизе кколеб букIараб, квеш бихьизе кколаан хIукуматалда, официалияб власталда.

Гьелъул магIна буго нужеда кIолеб гьечIин шартIал чIезаризе садакъаялдалъун мажгитаз кумек гьабуни гурони абураб. Гьеб буго цо рахъ. Цойги рахъ буго кумек гьариялъулъ - Дагъистаналда динияб идара кутакалда къуватаб, ресги, сурсатги, хадуб халкъги бугеб финансовияб ва политикияб институт бугин мукIурлъи.

Лъида кIолеб гьеб гьереси гьабизе, бугогури гьедин. Казакил рекIелъ бугеб жо нилъеда лъаларо, амма бусурбаби гьелдаса роххизе ккола. МухIканго лъала хIажалъани шайих АхIмадхIажица цо ишара гьабуни бокьараб бакIалда гьеб больница балел чагIи ратулеллъиги. Гьелъие мисаллъун буго 2007 абилеб соналъ МахIачхъалаялъул джума мажгит гIатIид гьабизе "Дорога в рай" абураб акциялъ цо къоялда жаниб 25 миллион гIарац бакIарун букIана.

Дида ракIалда буго доб мехалда номералдаса номералде президент МухIу ГIалиев какулев "Республика" газеталъул редактор Заур Гъазиевас хъварал мухъал. Гьес абулеб букIана власталъ хитIаб гьабун нусазарго бакIаруларин халкъалъ, гьеб бугин рухIияб власталъ свестскиялъул кIаркьен чIвай гIадаб жо абун. Гьебго жо такрар гьабун буго Казакица. ВитIун гьев вугин дида абизе кIоларо, щай гурелъул гьенив адресат мекъав вуго, гьеб шартI тIубазе ккола идараялъ гуреб пачалихъалъ. Дида бичIчIуларого буго аб хIалалъ Казакидаса идара цIунизе рахъарал, рогьрал ралел чагIазул реакция.

Дир кIалтIе гьарудхъан вачIани гьеб дун гьитIин гьави кколаро, кIодо гьави ккола. Рес рекъани кьела, рекъечIони лъикIаб рагIудалъун тIовитIила. Щай дун гьесда вагъдезе кколев? Гьебго мисал буго гьанибги. ГIурсаз гьединаб жоялда абула "медвежья услуга" абун. ЛъикIлъи гьабизеян гьабулеб квешлъи. Щай аб "медвежья услуга" букIунеб? Цо чиясул букIун буго тIинчI бугелдаса нахъе хьихьараб ци, цIакъ хважаинасе ритIухъаб.

Цо къоялъ тиризе араб бакIалда свакарав хважаин кьижун ккун вуго. БачIун гьесул гьурмада рещтIун буго тIутI. ТIутIалдаса хважаин цIунизе ва тIутI чIвазеян циялъ босун хважаинасул гурмалъ гамачI речIчIун тIутI чIван буго, цадахъ хважаинги щун вуго къадаралде. Гьелъ бижараб буго "медвехья услуга" абураб каламги.

Идараги динги цIунизеян нужеца гIадамал хIакъир гьарулел ратани гьелъулгун исламалъул гIаммаб жо щибниги гьечIо. Ислам буго ракълил дин, гьелъ инсан вачине ккола лъикIлъиялде ва инсанлъиялде. Аллагьасе гIоло гIадамазулгун гьабулеб рагъ гьениб беццун батуларо. Аллагьас сабруги кантIиги кьейги нилъер щивасе. Хабарги лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG