МагъчIваялъе рес

Дунялалъул къуватал улкабаз Сириялдаса лъутаразе гIарац бакIарулеб буго


Лондоналда 4 февралалда ракIарана дунялалъул 70 улкаялъул ва хIукуматазул бутIрул. Гьез дандралел рукIана гражданияб рагъда зарал ккарал Сириялъулазе кумекалъе ичIго миллиард доллар бакIаризе ругел ресал. Гьеб кумек гьабизе буго Сириялдаса мадугьалихъ ругел улкабазде лъутарав 4 миллионгун 600 азарго чиясе. Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица абуна 2018 соналде кIиго миллиардгун 600 млн. доллар кьезе кIолин жидедайин. 2020 –соналде цо миллиардгун 750 млн. доллар кьеялъул бицана Британиялъ, гьеб суалалъулъ Америкалъги кIудияб гIахьаллъи гьабизе букIиналъул лъазабуна Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица.

XS
SM
MD
LG