МагъчIваялъе рес

1.Араб соналъул хIасилал. Дунял


Мигрантал
Мигрантал

2015 соналъул хIасилал. Миграционияб кризис, Россиялъул популизм ва политика. Щибдай букIине бугеб Евроцолъиялда 2016 соналда?

Ралел къадал, мигрантазул чвахи. Евроцолъиялдаса батIалъизе КIудияб Британиялъул хиял. Кваранал политиказул позиция ва Украиналдала бугеб политикияб ахIвал-хIалалде Россия гъорлъе жубай. Исламияб пачалихъалъул, ай ДАГIИШ-алъул рагъулаб хIаракатчилъи – гьадинал ва цогидал суалал цере лъолел руго нижер радиоялъул журналистаз.

Берлиналъул къед бихъараладса хадуб къоло щуго сон ана. Гьанже Европаялде чвахараб мигрантазул карачелалде данде ралел цIиял къадал релъарал руго Дунялалъул кIиабилеб рагъдаса нахъе Берлиналда бараб къадада.

2016 соналда Евроцолъи дандчIвазе буго ГIагараб Машрикъалдаса, Африкаялдаса ва Азиялдаса рачIунел мигрантазул проблемагун гуребги – гьелда хурхарал цогидал масъалабигунги. Хасго Европаялда жаниб паспорталъул контроль гьечIолъилъиялъул. Парижалда 13 ноябралда гьабураб теракталдаса нахъе гьединаб эркенаб низам нахъе бахъиялялъул рахъ кколел европалъулазул къадар цIикIкIана.

Брюсселалда цебе баккана жанисеб проблемаги. 2016 соналда КIудияб Британиялда тIоритIила референдум. Гьеб улка Евроцолъиялдаса батIалъизе бугищ-гьечIищали абураб суалалъе жаваб щвезегIан Брюссель сабру гьечIого балагьун чIун буго.

Евроцолъиялъул тIадтараз гьединго кIвар кьолеб буго Россиялъулгун букIараб ва заманалъ гьоркьоса къотIараб партнерлъиялъеги. Гьединал парнеразул сияхIалда Россиялъ кколеб буго лъабабилеб бакI, ва гьелде данде лъазарурал санкцияз жибго Евроцолъиялъеги зарал гьабулеб буго. Гьединлъидал гьел санкциял нахъе рахъиналъул суалги Брюсселалъ гьоркьоб лъезе бегьула.

Араб соналъул хIасил гьабулаго ракIалде щвезабилин цо-цо улкабазул бутIрузул ва политиказул каламал кIвар кIудиял хIужабазда бан гьарурал.

7 билеб Январалда Парижалъул Charlie Hebdo журналалъул редакциялде радикалиял бусурбабаз гьужум гьабун I2 чи чIвана ва анцIила цо ци лъукъана. Франциялъул президент Франсуа Оландица гьадинаб къимат кьуна гьеб такъсиралъе:

Франсуа Олланд
Франсуа Олланд

Франсуа Оланд: «Гьеб буго вахIшияб такъсир. Гьеб буго жибго эркенлъиялде гьабураб гьужум».

29 январалда Белоруссиялъул президент Александр Лукошенкоца Минскалда тIобитIараб жиндирго санайил пресс-конференциялда абуна, Белоруссь ГIурус дунялалъул бутIа гьурин.

Александр Лукошенко:«Белоруссиялъул ракь ГIурус дунялалъул, ай Россиялъул бутIалъун ккола ян абулез мекъи абулеб буго. Гьезда кIочон тун батила Беларусь северенияб ва лъидаго бачIеб пачалихъ букIин!»

27 февралалда Россиялъул оппозиционияв политик Борис Немцовас Эхо Москвы радиостанциялъе интервью кьолаго, гьадинабуна:

Борис Немцов: «Дида ккола улка кризисалъукьа борчIизабизелъун хIажатал ругин кIудиял политикиял реформаби. Хасго оппозициялъул гIахьаллъигун ритIухъал рагьарал рищиял тIоритIзе рес кьолел хиса-басиял, гьединго гIурус халкъалъул гIакълу сверизабулеб пропагандаги, цензураги нахъе бахъизе ккола».

Борис Немцов
Борис Немцов

Гьеб букIана Борис немцовасул ахирисеб калам. 28 февралалда гьев чIвана Кремлалда аскIоб бугеб кьотIа.

17 марталда Азербайжаналъул президент ИльхIам ГIалиевас Туркиялъул президент Ражап ТIайгьип Эрдогьангун турказул Карс шагьаралда гIахьаллъи гьабуна Транс-Анатолиялъул газ бачунеб рогIоро баялъул рохалилаб тадбиралда.

ИльхIам ГIалиев:«Гьеб буго Туркиялдасан Европаялде зербайжаналъул газ бачунеб проект. Азербайжаналъул газ – гьеб буго Европаялъе рагьулеб цIияб магIдан».

12 апрелалда Ватиканалда вагIза гьабулаго, Рималъул папа Францискица ракIалде щвезабуна нусго соналъ цебе Туркиялда эрменал гIемераб къадаралда чIваялъул хIужа.

Рималъул папа Франциск: «Араб гIасруялда инсанияталда бихьана ва хIехьана лъабго мисал гьечIеб балагь. 20-абилеб къарнуялда гьабураб тIоцебесеб геноцидлъун ккола эрмен халкъалъул геноцид».

26 апрелалда Казахстаналъул президентлъун нахъеги вищун вугоан НурсултIан Назарбаев. Гьеб республикаялъул Рищиязул Централияб комиссиялъ лъазабуна, Назарбаевасе гьаркьал кьунин рищарухабазул ункъоялда анцIила анкьго тIубарабгун анцIго бутIа гьабун анкьго проценталъ. Живго Назарбаев 26 апрелалда цеве вахъана гьадинаб каламгун:

НурсултIан Назарбаев
НурсултIан Назарбаев

НурсултIан Назарбаев: «Нилъеца тIолго дунялалде бихьизабуна Казахстаналъул политикияб культура. Ай, нилъер цолъи, жавабчилъи. Киналго рищарухъабаз гIахьаллъи гьабуна. Президентасул рищиял гьел ккола жиндирго букIинесеб бищи.

Гьалеха гIадамал рищиязул бутIабазде рачIана жидерго букIинесеб тIаса бищизе. Щивасул буго жидирго напсияб мурад. КIудияб баркала тIолго Казахстаалъул халкъалъе, баркала киназего».

10 маялда Германиялъул канцлер Ангела Меркелица ва Россиялъул президент Владимир Путиница Москваялда прес-конференция тIобитIана. Меркелил баян:

Ангела Меркель: «Дун Москваялде ячIана Россиялъугну Германиялъул гьоркьобакI бигьаяб гуреб рахъалде сверараб заманалда. Амма Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса нахъе лъабкъоялда анцIго сон тIубаялда хурхараб тадбиралъе дица кIудияб кIвар кьола. Дица Россиялъул президент Владимир Путингун цадахъ доб рагъул къурбаназул хIурмат гьабулеб буго».

Ангелд Меркель
Ангелд Меркель

Добго къоялъ Ангела Меркелица къимат кьуна Россиялъ гьабураб Крымалъул аннексиялъеги

Ангела Меркель: «Халкъаздагьоркьосеб къанун хвезабураб Крымалъул аннексиялъги, Украиналъул Машрикъалъул рахъалда багъарараб рагъалъги нилъер рекъон хIалтIиялъе кIудияб зарал гьабуна. Щайин абуни нижер бербалагиялда рекъон гьеб хIужаялъ Евроаялда бугеб ракълилаб низамалъе хIинкъи кьолеб буго».

19 июналда Белграда букIараб пресс-конференциялда Сербиялъул премьер-министр Александр Вучичица ракIалде щвезабуна Сребреница абулеб росулъ чIварав микьазаргогIан бусурбанчи.

Александр Вучич: «Сербиялъул премьер-министр хIисабалда дун хIадурав вуго бетIер къулизабизе гьел гIайиб гьечIого чIваралгIадамал ракIалде щвезарулаго. Сербазул ункъоялда анцIила ичIго тIубарабгун анцIго бутIа гьабун ичIго бутIа доб такъсиралда гIахьаллъичIо. Гьединлъидал сербазда кIола кир гьел ругониги, бетIер борхун рукIине».

1 июлялда Вашингтоналда Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна Америкалъул хиял бугин Кубагун дипломатикиял бухьенал цIигьаризе.

Барак Обама
Барак Обама

Барак Обамаца: «54 соналъ цебе цIорор рагъул заманалда Цолъарал Штатаз Кубаялда бугеб жиндирго вакиллъи къана. Жакъа дие бокьун буго абизе Америкалъул Цолъарал Штатал разилъанин официалияб къагIидаялъ дипломатикиял бухьенал цIигьаризе ва кIиябго улкаялда вакиллъаби рагьизе».

Афгъанистаналъул къватIисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь АхIмад Шайих Мустакъи 8 июлалда Кабулалда букIараб брифингалда лъазабуна Пакистаналда Афгъанистаналъул хIукуматалъул ва ТIалибан багъа-бачариялъул вакилзаби данделъанин ва хIукму гьабунин нахъеги данделъизе.

АхIмад Шайих Мустакъи: «Афгъанистаналъул ТIадегIанаб Ракълил Шураялъул вакилзабаз ва тIалибаз Пакистаналъул Мари шагьаралда тIоритIана тIоцересел официалиял кIалъа-басаял. Иргадулаб раунд букIине буго хирияб Рамазан моцIалдаса нахъе».

Украиналъул кинорежиссер Олег Сенцовас 19 августалда Ростов-Доналда букIараб махIкамаялъул данделъиялда жиндирго хIасилаб калам гьабуна. Россиялъул низам цIунулез гьесде гIунтIизабуна Крымалда терактал хIадур гьариялъул гIайиб. Сенцовас абуна, жинца тIаса лъугьин гьарулеб гьечIин.

Олег Сенцов
Олег Сенцов

Олег Сенцов: «Дир хиял гьечIо рахIму-цIоб гьаризе. Лъидаго лъала щиб гьаниб унеб бугеб. Оккупационияб квершеллъиялъ ритIухъаблъун букIунищха? БукIунаро. Хирияв диванчи, хасго дуда бараб щибго абулеб гьечIо дица гьабсагIат».

30 сентябралда Россиялъул Миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъул данделъиялда президент Владимир Путиница абуна Россиялъ Сириялда рагъулаб операция байбихьизехъин бугин.

14 ноябралда Франциялъул президент Франсуа Оландица Парижалда лъазабуна гьениб Исламияб пачалихъалъ цо чанго гьужум гьабун, 130 чи чIванин.

16 ноябралда ФСБ-ялъул бетIер Александр Бортниковас лъазабуна Мисиралъул Синай абулеб бащдаб чIинкIиллъиялда Россиялъул боржаро бортанин теракталъул хIасилалда.

24 ноябралда Сириялъул гIурхъида аскIоб Россиялъул СУ-24 тайпаялъул рагъулаб боржаро Туркиялъул авиациялъ бортизабун букIиналда бан 17 декабралда Россиялъул президент Владимир Путиница гьадинаб баян гьабуна Москваялда тIобитIараб пресс-конференциялда. .

Владимир Путин: «Американиязул цо пуланаб бакI чIикIизе Туркиялъул цо-цо тIадтаразе бокьун батани - лъаларо, битIарабищали гьез гьедин гьабун букIараб. Дида лъаларо жалго американиязе гьеб хIажатабищали-гьечIищали».

XS
SM
MD
LG