МагъчIваялъе рес

Рохь - ЦIияб Cоналъул къурбан


Рохь - ЦIияб Cоналъул къурбан
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:14 0:00
Интернет-мухъ

Гъарачайгун Черкессиялъул Архызалда гьанжеялдего «чIегIерал бизнесчагIаз» къотIун буго ЦIияб соналъул гъутIби хIисабалда хирияллъун рикIкIунел Кавказалъул пихтабазул кIудияб къадар. Низам ва тIабигIат цIунулез абулеб буго, нусго гIан сонал ругел гъутIби къотIулел ругин хасаб къагIидаялда цIунулеб тIабигIияб территориялдайин. Хасаб рейд тIобитIулеб мехалда полициялъухъе кквезе щун вуго къанун хвезабурав къого сон барав бакIалъулав гIолохъанчи. Гьесда лъун буго нусазарго гIанаб гъурщил гIакъа. Республикаялда Кавказалъул пихта, наккигъутIби, елкаби рижунел рохьал цIуниялъул режим дагьалъги къвакIизабун бугин, лъазабуна иргадулаб рейдалда хадуб хал ккун йикIарай ва видео бахъарай нижер радиоялъул мухбир Марина Кушповалъ.

XS
SM
MD
LG