МагъчIваялъе рес

«Шарль де Голль» абураб Франциялъул гамаялъ байбихьана Сириялда рагъулаб операция


«Шарль де Голль» абураб Франциялъул гамаялъ итни къоялда байбихьана Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде рагъулаб операция.

France-Press агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, гьелда тIад бугеб авиациялъ рагъулаб чанго рейс гьабуна Сириялдаги ГIиракъалдаги ругел экстремистазул позициязде. Амма гьез кьабиял щвезариялъул хIакъалъулъ гьанжеги лъазабулеб гьечIо.

Жибго гама буго Ракьдагьоркьосеб ралъдал машрикъалъул рахъалда.

Франциялъул президент Франсуа Олландица лъазабуна, жидеца авиакьабиял халат рахъинаризе ругин ва улкаялде гьарурал тIадекIанциял тIокIал риччангутIиялъул мурадалда Европаялъул цогидал улкабазул гьоркьорлъаби жигарлъизаризе ругин.

XS
SM
MD
LG