МагъчIваялъе рес

Парижалда терактал

Парижалда рузман къоялъул сардилъ гьарурал тIадекIанцIиязул хIасилалда хваразул къадар бахунеб буго 150 чиясде, лъукъун вуго ну-нус. Гьужумал гьарун руго Франциялъул тахшагьаралъул чанго бакIалда. Гьединго лъабго кьвагьи гьабун буго Франциялъул ва Алманиялъул тIасса рищарал командабаз хIалеб футболалъул матч унаго. Гьенив вукIун вуго улкаялъул президент Франсуа Олландги кIиябго улкаялъул министралги. Гьел киналго хехлъи гьабун гьениса нахъе рануч руго.

Оландица сардилъ лъазаби гьабуна халкъалде. Къан руго Франциялъул гъурхъаби, улкаялда лъазабун буго гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам, къан руго школаби, гIадамазда лъазабун буго къватIире рахъунгейин.


XS
SM
MD
LG