МагъчIваялъе рес

Дж.Керри: "Америкалъул мурад - Сириялда рагъ ахиралде щвезаби"


Америкалъул Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, «Исламияб пачалихъ» абулеб террористикияб гIуцIиялда тIад бергьенлъи босизелъун Сириялда рагъ ахиралде щвезабизе кколин. Гьаб бугин Америкалъул аслияб мурадилан тIаде жубана Джон Керрица Вашингтоналда бугеб Карнеги централда букIараб данделъиялда.

Гьадинаб калам Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарас гьабуна Венаялда сапар бухьизегIан. Гьениб байбихьун буго Россиялъул, СагIудиязул ГIарабиялъул, Цолъарал Штатазул ва Туркиялъул къватIисел ишазул министрабазул данделъи.

Гьоркьоб лъураб суал – Сириялда бугеб ахIвал-хIал. Гьеб данделъиялда гьединго гIахьаллъи гьабизе буго Ираналъул къватIисел ишазул министрасги.

XS
SM
MD
LG