Польшаялда тIоритIарал рищиязда бергьана «Низам ва ритIухълъи» абулеб оппозиционияб партия. Цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон гьелъие щвана рищарухъабазул гьаркьазул 39-гIан процент.
Гьелдалъун рехсараб партиялъе рес щвана жиндирго хIукумат гIуцIизе ва «жиндирго» президент вищизе, ян абулеб буго экспертаз.