МагъчIваялъе рес

Москваялда полициялъ ккун вуго митингалъул 11 гIахьалчи


«Ракълилаб маршалъул» 11 гIахьалчи ккун вуго полициялъ Москваялда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезул интернет-сурсатаз.

Рагъалде данде акция дандбан букIун гьечIо нухмалъиялъулгун. Гьелда гIахьаллъун вуго 30 гIанав чи.

Гьединалго маршал тIоритIун руго Россиялъул чанго шагьаралда ва СШАялъул Лос-Анжелесалда.

XS
SM
MD
LG