МагъчIваялъе рес

Цоцахъе кагътал хъвай…


ГIабдулатIиповасулги, ГIабдулхабировасулги, Миясатилги, Чалаевасулги хIакъалъулъ

Августалъул ахиралда МахIачхъалаялъул Советский районалъул судалда гьоркьоб лъун рагIула Дагъистаналъул гимн хисиялда хурхун Миясат Муслимовалъ Рамазан ГIабдулатIиповасде кьураб диваналъул иск. Гьеб диваналда судияс ГIабдулатIиповасул хIукуму законияблъун рикIкIун бугила.

Лъалеб букIахъе араб соналъ ГIабдулатIиповас бахъана хасаб хIукуму гимн хисизе комиссия гIуцIизе. Гьеб щайгIаги букIараб асие гIабдалзаби гаргадизе тIамизеяли дида лъаларо. Сессия байбихьарабго Эдуард Хидиров ва коллегаби кинаб бакъаналда гъоркь тIаде рахъаниги нилъее батIалъи щиб? ТIокIаб эб гимн хIалтIулеб бакIги лъаларин. Жакъа официалияб къагIидаялъ парламенталъ тасдикъ гьабурабин бачунеб Чалаевасул цо бакъан буго.

Гьеб бакъан кинаб бугебали лъалев чиги Дагъистаналда живго Чалаев гурони рагIуларо. ХIасил калам Чалаевас хъван буго «гимн» абураб цIаралда гъоркь жиндаги Миясатидаги ГIабдулхабировасдаги гурони бичIчIулареб бакъан.

Гьезул лъабгоял рагъарун руго хутIараб лъабго миллион дагъистаниял гIадамасда ричIчIуларел «кутузул гьаркьазда» гъоркь рахъун чIезаризеян. Гьеб ахIмакъаб пикруялъе битIараб хIукуму къотIун рагIула Советский районалъул диваналъ.

Жеги абула судаз ритIарал хIукмаби къотIуларин. Дица тамашалъи гьабуларо Чалаев жиндир бакъан цIунун ахIтеялда. Берцин бихьун батилаха жинцаго гьабураб жо. Нилъеда нилъер цоял берал хъвалисарал, цоял къокъал, цоял рекъал лъимал нилъерго рукIун берцин рихьарал гIадин, гьесдаги гьадаб «рагъулел кутузул» гIадал гьаркьазда гъорлъ чанги жо цебе тIамулеб батила.

Дица тамашалъи гьабуларо Миясат Муслимова гьеб гимн цIунун къватIий яхъиялда, тумайги йигони, ГIабдулатIиповас хIалтIудаса яхъун йигони гьелъ кин ГIабдулатIиповасул рахъ кквелеб? Жийгоги, магIарулаца абухъе бакъан-квараялъул ва кучIдузул гIаданги рагIула.

Дица тамашалъи гьабула Москваялда вугев тохтур ГIабдулхабировасда кин аб хIалалъ лъазе кIвараб кечI-бакъаналъул гIелму? Гьедин батани щайха ас нилъ жив тохтир вугин гуккулел, бакъназул гIалимчи живго ватани? Ялъуни тохтирлъиги гьаб бакънал лъаялда релълъарабдай бугеб? Жинда гьабги лъалин, добги лъалин, доб цоябги лъалин ватани гьеб жо гьересиялда релълъуна, лъаларо лъиданиги медицинаги, музыкаги, поэзияги цадахъ. Бахчун щай гьеб гIунгутIи нилъер бетIер ГIабдулатIиповасулги буго – бакъаналгун кучIдул хъвазе вагъари. КисагIаги нужее ал анкьгьунарал?

ГIабдулатIиповасни рагьун абулебгIаги буго жив гьеб пишаялъул махщелчи гурин ва поэтасул яги композиторасул цIаралде гьесарулев гьечIин. Гьелъ бахъун буго хIукмуги хасаб комиссиялъ гимн бищизе, жинцаго гуро. ГIабдулхабировасда лъалеб рагIула кинаб «гениальный» гимн хъван бугеб Чалаевас.

Я, дур инсул рукъ бакъвараб ролъул цIеяв гьалмагъ, мун тохтир ватани щай дуе гьаб «палугьанлъиги», бахIсалги, цIекIал реццалги, гьоркьоса къотIичIеб гъвелгун гъибатги? ГIадамал сах гьариялдаса кIудияб баракатги, берцинлъиги, кириги, баркалаги бугеб пиша дунялалда гьечIо. РакI бацIадго гьебги гьабуни, къол щуябго какги бани дуе гимналъул бакIалда зурма-къали бугониги батIалъи букIине кколаро ва дур заман гIеларо хутIарал ишазе.

ХIасил калам гимналда сверхъ ругеб рагъа-рачари буго лъиениги пайда гьечIеб чIобогояб гьури-муч, киназул рахъалдаса батаниги. ЛъикIаб иш буго лъикIаб, камилаб, киназдаго лъалеб, гIадамал гьунаразде ва лъикIал къасдазде ахIулеб гимн лъугьани. Гьел руго Дагъистаналда цо-цо росабазул, районазул гIадамаца официалиял ва официалиял гурел данделъабазда ахIулел. Масала, гьеб рахъалъ бищунго камилаб ва берцинаб гимн бугин абизе бегьула нилъеца щибаб данделъиялда ахIулеб «МагIарулазул ватIан» гимнги, ЧIарада районалъул «Къарал гIор» абураб кечIги.

«А даим цебехун цолъе гIоралгун

Цолъи гIадаб къуват гьечIо ракьалда…»

Гьале хIакъикъияб гимн. Цолъиялде ва гьунаразде гIалам ахIулеблъун букIине кколеб гьаракьги бакъанги Дагъистаналда сверана Миясатил ва ГIабдулахабировасул ГIабдулатIиповасухъ ккараб «рокьи» бихьизабулеб алатлъун. Гьеб ишалъе гимнги, Дагъистаналъул халкъги, судалги хIажалъиларо, цоцахъе кагътал хъвани бегьила.

XS
SM
MD
LG