МагъчIваялъе рес

Хайсер Джемилевасе гьабураб къотIи диваналъ тамахлъизабуна


Россиялъул ТIадегIанаб Диваналъ крымтатаразул цевехъан МустIапа Джемилевасул вас Хайсерие гьабураб къотIи тамахлъизабуна. Гьесие байбихьуда туснахъалъул щуго сон бихьизабун букIана. Гьанжейин къотIи гьабун буго гьев лъабго соналъ жаниве тIамизе.

Гьадин лъазабуна жиндирго Твиттералда гьесул адвокат Николай Полозовас. Хайсер Джемилевасда гIунтIизабураб гIайиб – ракIалдаго гьечIого инсан чIвай ва ярагъ къануналде данде кколареб къагIидаялъ цIуни. Джемилев гьеб гIайибалъе мукIурлъана.

XS
SM
MD
LG