МагъчIваялъе рес

Галина Старовойтова чIвай гIуцIарасе бихьизабуна туснахъалъул 17 сон


Туснахъалъул 17 сон бихьизабун буго Санкт-Петербургалъул диваналъ машгьурай политик Галина Старовойтова чIвай гIуцIарав цеве Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вукIарав Михаил Глущенкое.

Старовойтова чIвазе хIалбихьиялъул гIайиб гьесде гIунтIизабун букIана 2013 соналда. Амма хадусеб соналда вукIарав депутат мукIурлъун вуго такъсир хIадуриялде жиндир хурхен букIиналъеги.

Политик, Пачалихъияб Думаялъул депутат ва «Россиялъул демократияб партиялъул» нухмалъулезул цояй Галина Старовойтова чIвана 1998 соналъул 21 ноябралда жиндирго рукъалда аскIой.

XS
SM
MD
LG