МагъчIваялъе рес

журналист ИсмагIилова Хадиджал рахъккун


Журналистал цIуниялда хурхун комитеталъ Азербажаналъул нухмалъи ахIулеб буго журналист ИсмагIилова Хадиджаде гьабулеб дивхананаялъул тIадецуй хехгьабун чIезабизе ва гьей эркен гьайизе.

Гьезул лъазабиялда Бакуялда унеб диваналъул процессалде абун буго «ритIухълъиялда тIад релъийин».

Рузман къоялда прокурорас тIалаб гьабун буго Хадиджае туснахъалъул ичIго сон. Гьелда гIунтIизарулел руго магъало кьечIолъи гIадинал экономикияб хасияталъул гIайибал. Диваналъул процессалда тун вукIинчIо къватIисел вакиллъабазул чанго чи гурони. Лъидаго рачIел журналисталги, гражданиял активисталги гьенире риччан рукIинчIо.

Эркенлъи Радиоялъул азербажан хъулухъалъул мухбир Хадиджаца ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъаздагьоркьосел идарабаз рикIкIунеб буго гьелда тIад гьабулеб процессалъул политикияб хасият бугин. Гьеб бугин президент ИльхIам ГIалиевасул, гьесул хъизамалъул чагIазул ва улкаялъул тIадегIанасеб нухмалъиялъул рищватал росиялъул ва цIогьодиялъул хъваралъухъ Хадиджадаса къисас босизе гьабулеб процессин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Хадиджае буго 39 ичIго сон. Гьанжеялде туснахъалъуб гьелъ бан буго микьго моцI.

XS
SM
MD
LG