МагъчIваялъе рес

Бакуялде рагIалде бахъунеб буго ИсмагIилова Хадиджада тIад диваналъул процесс


Бакуялде рагIалде бахъунеб буго Эркенлъи Радиоялъул азербажан хъулухъалъул журналист ИсмагIилова Хадиджал ишалда сверун диваналъул процесс. ТiадегIанал хъулухъчагIазул коррупциялъул гIемер хъвалей йикIарай 39 сон барай ИсмагIиловалда гIунтIизарулел руго хIалтIудаса цIикIкIун пайда босиялъул, кколареб бакIалде рагIац харж гьабиялъул ва магъалоял кьунгутIиялъул гIайибал. Гьелъ гьел киналго гIайибал политикиял кьучI бугелин абун нахъчIвалел руго. Диванханаялъ гьей гIайиб бугейлъун чIезаюни, рес буго гьелъие туснахъалъул 17 сон кьезецин. Хадиджал эбел Эльмираца диванханаялда кколеб бугелъе кьуна «байбихьудаса ахиралде щвезегIан гьереси» абураб къимат. Хадиджа жаний тIами тIатIалаго какулеб буго Магърибалъул инсанасул ихтиярал цIунулезул къукъабаз. Гьез рикIкIунеб буго Хадиджада тIад диваналъул процесс гьабулеб бугин гьелъул хъулухъчагIи къватIир чIвазарурал макъалабазухъ къисас босизелъунин. ИсмагIилова жаний тIамуралдаса буго микьго моцI.

XS
SM
MD
LG