МагъчIваялъе рес

Нью-йоркалъул биржаялда нарт учузлъун буго


Нью-йоркалъул биржаялда нартил багьа арбагI къоялда анлъго соналда жаниб бищунго гIодобе ккана. Америкаялда бахъулеб Техасалъул нартил баррелалъухъ кьолеб букIана 40 долларгун 80 цент, гьеб буго гьелдаса цебесеб къоялда букIараб багьаялдаса 4% учузаб багьа. Гьелъие гIиллалъун ккун буго улкаялъул нартил нахърател дагьлъулеб бугин аналитиказ абун букIаниги гьеб ракIалдаго гьечIого цIикIкIун бугин абураб лъазаби.

Цо-цо экспертазул пикруялда, гьеб нартил багьа дагьабги гIодобе ккун цо баррелалъухъ 32 долларалде рещтIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG