МагъчIваялъе рес

Москваялда рагIалде рахъана Лавровасда ва Зарифида гьоркьор кIалъа-ралъаял


Сергей Лавров (квараниса) ва Джавад Зариф Москваялда данделъиялда, 17Авг2015
Сергей Лавров (квараниса) ва Джавад Зариф Москваялда данделъиялда, 17Авг2015

Ираналъул атомияб программаялда хурхун къотIи гьабун хадуб кIирахъалъулал гьоркьорлъаби цIеретIезаризе Москваялъулги Тегераналъулги ресал гIатIилъизе руго. Гьедин лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас.

Итни къоялда Москваялда унел рукIана гьесда ва Ираналдаса гьесул коллега Джавад Зарифида гьоркьор кIалъа-ралъаял.

Россиялъул министрас кIвар буссинабулеб букIана Каспиялъул регионада бугеб хIинкъи гIадахъ босун, Москвагун Тегераналда рагъулабгун-техникияб рахъалъ рекъонхIалтIизеги ракIалда букIиналде. Гьелде тIадеги, Лавровасул рагIабазда рекъон, Москва хIадураб буго ГIагараб Машрикъалда ва Шималияб Африкаялда ахIвал-хIал гIодоцинабизелъун Ирангун рекъонхIалтIизе.

КIиявго министрас рикIкIунеб буго Сириялъул рагъулаб конфликт политикияб къагIидаялда рагIалде бахъинабизе кколин, амма гьеб шартI тIубазелъул президент Башар Асад чара гьечIого хъулухъалдаса ин тIалаб гьабизе кколарин.

Лавровас ва Зарифица гьединго бицунеб букIана Ираналъул Атомиял электростанциязда Россиялъ цIияб микьго энергоблок баялъул контракталъулги.

Пресс-конференциялда Лавровас нахъчIвана Москваялде Ираналъул генерал Касем Сулейман вачIун вукIанин абураб. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ гьесие гьукъун буго къватIисел улкабазде ине Тегераналъул атомияб ва ракетабазул программаязда гьесул бугеб кIвар бихьун. Америкаялъ лъазабулеб буго Сулейман Москваялде вачIун вукIанин июлалъул кIиабилеб бащалъиялдайин.

XS
SM
MD
LG